МасихӀихъе нух ЦӀалдолиде хитӀаб

1/14

МасихӀихъе нух ЦӀалдолиде хитӀаб

Инсанияталъул рухӀияб рахъ борчӀизабиялъе ва борхизабиялъе хӀа-къикъаталдаги квербакъи гьабулел киналго тӀахьазда гьоркьор гӀемер ратуларо «МасихӀихъе нух» тӀехьгӀан чӀахӀиял тиражаздалъун ва батӀи-батӀиял мацӀазда къватӀире риччарал тӀахьал. Гьелъ асар гьабуна, дунялалъул бищунго рикӀкӀадал бакӀазда ругелгицин киналгоязде гӀунтӀун улкабаздаса, жидер гӀакълу-пикру камилал гӀемерал гӀадамазе. МЦ 3.1

Гьаб тӀехьалъул автор Елена Г. Уайт (1827-1915 сс.) жиндир заманалда диниял гӀадамазда гьоркьой машгьурлъун йикӀана лъабго континенталда жинца рухӀияб хъулухъ гьабурай хъвадарухъан ва вагӀзачӀужу гӀадин. Гьей гьаюна ва гьелъул гӀолохъанлъи ана СШАялъул севериябгун бакъбаккул бутӀаялда бугеб Мэн штаталда. Хадусел соназда гьей гӀемер хьвадизе ккана цогидал штатаздеги. 1885-1887 соназда гьелъ яшав гьабуна ва хӀалтӀана БакътӀерхьул Европаялъул чанго улкаялда. Гьений хъвадарухъаналъулаб хӀаракатчилъиялда гӀей гьабун чӀечӀого, цӀакъго цӀикӀкӀун гӀадамал ракӀарарал бакӀазда гьей гӀемер цее яхъунаан намус-яхӀалъул, рухӀияб ра-хъалъул ва бацӀцӀадаб гӀумруялъул бицине. Гьелдаса хадуб гьелъ ичӀго сон бана Австралиялда ва ЦӀияб Зеландиялда. Гьелъ хъвана диналъул, лъай кьеялъул, сахлъиялъул, хъизаналъулаб гӀумруялъул ва практикияб христианлъиялъул суалаздасан гӀемерал тӀахьал ва макъалаби. Гьелъул гӀемерисел тӀахьал гӀурус мацӀалде руссинарун руго. Гьезда гьоркьоса бищунго тӀибитӀараб ккола «МасихӀихъе нух». МЦ 3.2

ТӀехьалъул магӀнаялъул бицунеб буго гьелъул цӀаралъги. Жакъа эркенлъи цӀикӀкӀун щун бугелъул, нилъер улкаялдаги цӀакъго гӀемерал гӀадамазе рес ккун буго Хвасар Гьарулес инжилалда: «Дихъе рачӀа», - ян гьабураб ахӀи рагӀизе. Фомада (МасихӀил тӀоцересел чапарзабазул цояв) цадахъ гӀемерисел хӀадур руго: «Нижеда нух кин лъалеб?», - ан гьикъизе. Гьаб тӀехьалъул гьурмазда гӀадатго ва баянго бихьизабун буго Аллагьасухъе рачунеб нух. ЦӀалдолесул бер буссун буго ГӀиса МасихӀидехун. ЦохӀо гьесда кӀола балагьулеб бугесул киналго тӀалабал тӀуразаризе. Авторас гъира-шавкъалда кумек гьабулеб буго божун гьечӀесе ва щакдарулев вугесе, гьесда жив ракълиде ва Аллагьасулгун цадахъаб гӀумруялде вачунеб нух бихьизе. Гьанир кьун ругел гӀакълабиги гӀадахъ росун ани, хӀакъикъат балагьизе ва гӀамал-хасият камиллъизе бокьаравщинав чиясда кӀола христиан диналда рекъараб гӀумруялъул нухдасан, цоялда хадуб цоги гали чӀун, бергьенлъиялде щвезе. Гьеб ккола нилъ рижарав ва нилъер мунагь чурарав ТӀадегӀанасул кверщел жинда тӀад букӀиналъе тӀубанго мукӀурлъиялъул хӀасил. МЦ 3.3

Гьаниб бихьизабизе ккола гьаб тӀехь тӀоцебе 1892 соналда къватӀибе биччан букӀанилан. Гьелъул тӀоцересел цӀалдолеллъун рукӀана христианазул улкаби абулел бакӀазда яшав гьабурал гӀадамал. Гьел нилъедаса гӀемерго талихӀал рукӀана, гьезул гӀакълу-пикруялда гьанже гӀадин цӀикӀкӀун щакдариялъул кьаву чӀван букӀинчӀелъул. Аллагьасул рахъалъ бицунебщинабги Библиялъул щибго тӀад калам гьечӀеб къадру-къиматги гъорлъе бачун, гӀемерисеб жо гьезие лъугьун букӀана унго-унгояб хӀакъикъатлъун. Долдаса хадуб гӀемераб жо хисана диналдехун гӀадамазул гьоркьоблъиялъул. ГӀемерисезул божи хвана, диналдехун гуребгицин. Амма гьеб, гьайгьай, христиан диналъул, гӀасрабаз щулалъарал кьучӀал, цо лъидаялиго щущазаризе кӀвеялдалъун ккечӀо. Гьедин ккечӀо. Гьеб лъугьана инсанасе хасиятаб къагӀидаялъ цӀидасан пикраби гьариялъул, гъалатӀазул ва щакдарабазул хӀасилалда. МасихӀил дин ва Гьесул иш нилъер къоязда жеги къуватаблъун ва тӀаде ракӀ цӀалеблъун лъугьана. Гьелъ хӀехьана ахирал анцӀ-анцӀ соназул захӀматал хӀалбихьиял. МЦ 4.1

Издателал