МасихӀихъе нух ЦӀалдолиде хитӀаб

2/14

Инсанасдехун Аллагьасул рокьи

ТӀабигӀаталъ ва балъголъи рагьиялъ бащадаб къадаралда нугӀлъи гьабула Аллагьасул рокьуе. Нилъер Зобалазул Эмен ккола гӀумруялъул, гӀакъиллъиялъул ва рохелалъул иццлъун. Нуж балагье тӀабигӀаталъул гӀажаибал ва гьайбатал суратазухъ. Ургъун пикру гьабе, гӀицӀго инсанасе гуребги, киналго рухӀчӀаголъабазеги пайдаялъе ва талихӀалъе хӀикматаб къагӀидаялъ кинабго цебеккунго рекъе-решезабун бугеб куцалъул. Ракь бохизабулеб ва гвангъизабулеб бакъул канлъи ва цӀад, мугӀрул, ралъадал ва гӀатӀидал авлахъал - гьеб киналъго бицуна нилъеда Жинца Рижарасул рокьул хӀакьалъулъ. Гьеслъидалха тӀуразарулал Жинца рижаралщиназул киналго хӀажалъабиги тӀалабалги. Туркаби хъварас гьелъул хӀакъалъулъ цӀакъ берцинго бицун буго: МЦ 5.1

«Киназулго берал Дудехун руссун руго, ва Дуца жиндир заманалда гьезие кьола гьезул квен; Дуца квер рагьула ва Дур лъикӀлъиялдалъун гӀорцӀизабула кинабго рухӀ бугебщинаб» МЦ 5.2

Аллагьас инсан вижана тӀубанго вацӀцӀадавлъун ва талихӀавлъун, ва Жинца Рижарасул квердасан бижараб ракь букӀана гьайбатаб; гьелда тӀад загьирлъун букӀинчӀо я туриялъул лъалкӀ, я нагӀанаялъул рагӀад. Аллагьасул къанун - рокьул къанун хвезабиялъ босун бачӀана ракьалде къварилъи-гӀазабги хвелги. Амма мунагь сабаблъун бижараб къварилъи -гӀазабалъулъгицин загьирлъулеб буго Аллагьасул рокьи. Хъван буго, Аллагьас ракьалъе нагӀана кьунила инсанасе лъикӀлъиялъе гӀоло. (Быт 3:17) Заз-хъархъилги, хӀалтӀулги, тӀалаб-агъазалъулги цӀураб гӀумруялде инсан ккезавурал захӀмалъабиги къварилъабиги рукӀана гьесие лъикӀлъиялъе би-хьизабураб, мунагьалъул хӀасилалдаса - тӀубанго тӀагӀиналдаса ва паналъиялдаса инсаният хвасар гьабиялъе Аллагьас ургъаралъулъ букӀараб тарбия кьеялъул ишалъул цо бутӀалъун. Мунагьазул цӀураб дунялалдагицин гӀицӀго пашманлъиялъ ва гӀазаб-гӀакъубаялъ гурелъулха ханлъи гьабулеб бугеб. Жибго тӀабигӀаталъулъ буго хьулалъул ва ракӀ гӀодобе биччазабиялъул ру-гьел. Зазида тӀадги рижула тӀугьдул, зазил цӀурал гӀаркьалабазда тӀад бижула роза тӀегь. ГъотӀол щибаб гӀекӀалда, харил щибаб сумалда тӀад хъван буго: «Аллагь ккола рокьи», - абун. Дунялалъе аваданал бакънал рачунел хӀикматал хӀанчӀаз, кьеразул рахъалъ чӀурканал ва гьайбатаб рахъалъ камилал, берцинал махӀазул тӀугьдуз, рохьор рижарал, гӀурччинал тӀанхал тӀад гьарзаял, цӀакъго чӀахӀиял гъутӀбуз - гьеб киналъго нугӀлъи гьабула нилъер Аллагьасул хӀеренлъиялъе, инсулаб тӀалабалъе ва Жиндирго лъимал талихӀаллъун лъугьинаризе гьесие бокьун букӀиналъе. МЦ 5.3

Аллагьасул РагӀулъ загьирлъула гьесул хасият. ГӀорхъи гьечӀеб Гьесул рокьуе ва Гьесул гурхӀелалъе нугӀлъи гьабула ТӀадегӀанас абурал рагӀабаз. «Дурго машгьурлъи дида бихьизабе», -ян Мусаца гьаридал, Гьес абуна: «Дица дуда цебе бачина Дир тӀолабго лъикӀлъи», - ян (Исх 33:18-19). МЦ 6.1

Гьеле гьелъулъ буго Гьесул машгьурлъи. Мусада цевесан ун, ТӀадегӀанас ахӀана: «ТӀадегӀанав, ТӀадегӀанав, гӀадамал рокьулев ва рекӀелъ рахӀму бугев, цӀикӀкӀараб сабру бугев ва цӀакъго гурхӀулев ва хӀакъав, аза-азар наслуялъеги жиндир цӀоб цӀунулев, гӀайибалдасаги, тӀакъсиралдасаги, мунагьалдасаги тӀаса лъугьунев Аллагь» (Исх 34:6-7). Гьев «цӀикӀкӀараб сабру бугев ва цӀакъго гурхӀулев» вуго, «гурхӀизе Гьесие бокьулелъул» (Иоанн 4:2; Мих 7:18). МЦ 6.2

Аллагьас нилъ жиндехунго руссинаруна зобалаздаги ракьалдаги рихьизарулал цӀакъго гӀемерал гӀаламатаздалъун. Гьес хӀаракат бахъана тӀабигӀаталъул лъугьа-бахъиназулъ Живго нилъеда вихьизавизе, гьединго ракьалда гӀадамал цоцаздехун рухьине кӀолел бищунго щулиял ва хӀеренал гарцӀцӀаздалъун живго загьир гьавизе. Амма гьелдасанги тӀубанго загьир-лъуларо Гьесул рокьи. НугӀлъи гьабулел гьел киналго жал ругониги, «битӀарабщиналъул тушманалъ» гӀадамазул гӀакълу мукъсанлъизабула, Гьев хъачӀав ва гьари-дугӀаялъухъ гӀенеккуларев вугилан рикӀкӀун, Аллагьасухъ гьел хӀинкъун ралагьулеб даражаялда. Илбисалъ гӀадамазул рекӀелъе лъугьинабун буго Аллагьасул аслияб иш бугин кьварараб ва ритӀухъаб диван къотӀи абураб пикру, ва гьезие Гьев лъугьана ццидалав диванчилъун ва тӀадчӀун гьездаса щибгоги тӀалаб гьабулевлъун. Илбисалъ гӀадамал божизарулел руго Жинца Рижарасул аслияб иш бугин ургъунго ва тӀадчӀун гӀадамазда хадуб халги ккун, гьезул киналго гӀунгутӀабиги гъалатӀалги ралагьизе лъугьин ва цинги гьезухъ жаза гьабиги. Гьеб бецӀлъи лъугӀизабизе ва Аллагьасул гӀорхъи гьечӀеб рокьи гӀаламалда бихьизабизе вачӀана гьаб дунялалде ГӀиса ва гьес гӀадамазда гьоркьоб гӀумру гьабуна. МЦ 6.3

Аллагьасул Вас зобалаздаса вачӀана, нилъее Эмен загьир гьавизе. «Аллагь киданиги лъиданиги вихьичӀо, амма кидаго Инсудаса ватӀалъуларев цохӀо вугев Васасдалъун вихьизавуна Гьес живго» (Ин.1:18). «Васасда ва Эмен жидее загьир гьавизе Васасе бокьарал гӀадамазда гурони, лъиданиги лъаларо Эмен» (Мф. 11:27). Нижеда Эмен вихьизавейилан цо чапарас гьарараб мехалда, ГӀисаца жаваб кьуна: «Гьабгощинаб мехалъ нужеда цадахъ вукӀарав дун лъаларевищха, Филипп, дуда? Дун вихьарав чиясда Дир Эменги вихьана. Дир Эмен вихьизавейилан щай дуца абулеб?» (Ин. 14:8,9). МЦ 7.1

Дунялалде жив щай вачӀун вугевали гьадин бицана ГӀисаца: «Дилъ БетӀергьанасул РухӀ буго, Гьес Дие ихтияр кьуна мискиназда Рохалил Хабар бицине. Гьес Дун витӀана ракӀ бекарал сах гьаризе, асирлъуда ругезда нуж тархъанлъанилан лъазабизе, беццазе канлъи кьезе, зулмуялда гъоркь ругелалги хвасар гьаризе» (Лк. 4:18). Гьеб букӀана Гьесул иш. Гьев кисакивго хьвадана лъикӀлъи гьабулаго ва шайтӀабаз ккурал киналго сахпъизарулаго. РукӀана росаби, цониги рокъосан унтаразул зигарди рагӀуларел. АскӀосан унаго, Гьес киналго унтарал сах гьарулел рукӀиндалха. Гьесул ишаз бихьизабулеб букӀана Гьев Аллагьас витӀун вачӀарав вукӀин. Гьесул гӀумруялъул киналго ишазулъ букӀана рокьиги, гурхӀелги, рахӀмуги. Гьес унго-унголъун рекӀелъе биччалеб букӀана гӀадамазул гӀазаб-гӀакъуба. Гьев инсанлъун лъугьана, гӀадамазул тӀалаб-агъаз гьабизе гӀоло. Бищунго мискинал ва гӀадатиял гӀадамал хӀинкъулароан Гьесда аскӀоре рачӀине. ГӀисинал лъималазе бокьулаан гьесда хурхун чӀезе, накабазда гӀодор чӀун, Гьесул гӀакъилал ва рокьи жанисан бурулел беразухъ балагьизе. МЦ 7.2

ГӀисаца киданиги бахчулароан хӀакъабщиналъул цониги рагӀи, кидаго Гьес гьеб бицунаан кӀудияб рокьигун. ГӀадамаздехун ГӀисал букӀунаан тӀадегӀанаб, гьезул къадру цӀунараб, гьезде цӀикӀкӀараб кӀвар кьураб гьор-кьоблъи. Гьев киданиги хъачӀго кӀалъалароан, хӀажат гьечӀелъуб кьвара-гъари бихьизабулароан, ва гӀадамазул загӀипал рахъазда гӀайиб чӀвалароан. Гьес хӀакъабщинаб бицунаан, амма кидаго гьеб бицунаан рокьигун. Гьес гӀайиб чӀвалаан хӀел-хӀелдиялда, божунгутӀиялда, ва къанун хвезабиялда; амма Гьесул гьаркьилъ магӀу букӀунаан, гӀайиб чӀван кьогӀал рагӀаби абулеб мехалъ. Гьев гӀодана Гьесул хирияб шагьар Иерусалималъухъ: Гьелъ инкар гьабуна Гьев - «нух, хӀакъабщинаб ва гӀумру» - къабул гьавизе. Гьез Гьев, жал Хвасар Гьарулев нахъе чӀвана, амма гьездехун Гьесул гьоркьоблъи букӀана хӀеренаб ва рахӀмуяб. Гьесул гӀумру букӀана жиндирго тӀалаб гьечӀолъиялъул ва цогидазул тӀалаб-агъаз гьабиялъул гьунарлъун. Щибаб рухӀ гьесие къиматаб букӀана. Илагьияб къадруги кидаго жиндилъго цӀунун, цӀакъго цӀикӀкӀараб хӀеренлъигун балагьулаан гьев Аллагьасул хъизаналъул щивав чиясухъ. Щивав чиясулъ Гьесда бихьулаан хвасар гьабизе жив вачӀараб мунагьаб рухӀ. МЦ 7.3

Гьединаб букӀана МасихӀил гӀамал-хасият, дунялалда тӀамураб гӀумруялъулъ Гьес загьир гьабураб. Гьеб ккола Аллагьасул гӀамал-хасият. МасихӀил гӀумруялъулъ рукӀарал рахӀмуялъул иххал гӀадамил лъималазде чвахулел руго Зобалазул Инсул рекӀелъан. ГӀиса вукӀана хӀеренав, рахӀмуяв Хвасар Гьарулевлъун, «инсанасул чорхолъ загьирлъарав» Аллагьлъун. (1 Тим. 3:26). МЦ 8.1

ГӀисаца гӀумру гьабуна, гӀазаб чӀамуна ва хвана нилъ хвасар гьаризе гӀоло. Гьев «Къварилъабазул» чилъун» лъугьана абадияб рохалилъ нилъ гӀахьаллъизаризе гӀоло. Аллагь разилъана Жиндие хирияв, баркаталъулги, хӀакъабщиналъулги цӀурав Вас, бицун хӀалкӀолареб машгьурлъиялъул бакӀалдаса вачун, мунагьалъ хвезабураб ва загьруяблъун лъугьинабураб, хвалил ва нагӀанаялъул рагӀадалъ бецӀлъизабураб дунялалде витӀизе. Инсул рокьиялъул гъварилъуда вугев Гьесие изну кьуна, Живги, малаикзабазул суждабиги рехун тун, инжит-хӀакъир гьавиги, тӀад релъанхъиги, рокьукълъиги, хвелги хӀехьезе. «Гьесда тӀад букӀана нилъер гӀаламалъулго тамихӀ, ва Гьесул ругъназдалъун нилъ сахлъана (Ис. 53-5). Нуж балагье гӀицӀаб авлахъалда, Гефсиманиялда, хъанчида тӀад Гьес хӀехьараб гӀазабалъухъ! ГӀайиб гьечӀев Аллагьасул Васас жиндего тӀаде босана мунагьалъул бакӀлъи. Сундулго рахъалъ Аллагьгун цолъарав Гьесул рекӀелъе лъугьана, мунагьалъ Аллагьасдаги инсанасдаги гьоркьоб ккезабураб рикьиялъулъ бугеб кӀудияб хӀинкъи. Гьединлъидалин Гьесул кӀалдисан ахӀун рачӀарал гӀазабалъул цӀурал рагьаби: «Дир Аллагь! Дир Аллагь! Щай дуца дун рехун тарав?» (Мф. 27:46). Мунагьалъул бакӀлъиялъ, ва инсанасдаги Аллагьасдаги гьоркьоб бугеб рикьи гьелъ ккезабулеб букӀиналъул гӀасияб хӀакъикъат бичӀчӀиялъ - гьеле гьелъ щущазабулеб букӀана Аллагьасул Васасул ракӀ. МЦ 8.2

Амма Инсул рекӀелъ инсанасдехун рокьи бижизабиялъе, яги инсан Хвасар гьавизе Гьев гьесизавиялъе гӀоло гьабураб букӀинчӀо гьеб кӀудияб къурбан. Йохъ, йохъ! «Гьаб дуниял Аллагьасе гьедигӀанги цӀакъ бокьулеб буго: Гьес ЦохӀо Вугев Вас гьаниве витӀана» (Ин. 3:16). Мунагь чуриялъе бугеб Къурбаналдалъун гуро Инсуе нилъ рокьулел. Гьелъул гӀаксалда, мунагьаз хвезабураб гӀаламалдехун гӀорхъи гьечӀеб жиндир рокьи чвахизабизе Гьес витӀарав Гьоркьохъанлъун вукӀана МасихӀ. «Аллагьас МасихӀидалъун Живгун рекъезабуна тӀолабго гӀалам» (2 Кор. 5:19). Жиндирго Васасеялда цадахъ Аллагьасеги букӀана гӀазабгӀакъуба. Гефсиманалъул ахикь букӀараб къеркьей, Голгофаялда хъанчида ван хвей-гьеле нилъер мунагьал чуризеялъе гӀоло гӀорхъи гьечӀеб рокьиялдалъун кьураб рецӀел. МЦ 8.3

ГӀисаца абуна: «ЦӀидасан нахъе щвезелъун Дица Дирго рухӀ кьолеб бугелъулин Инсуе Дун вокьулев» (Ин. 10:17). Цогидал рагӀабаздалъун абуни: «Дир Инсуе нуж цӀакъ рокьана, гьединлъидал Гьесие Дун жеги цӀикӀкӀун вокьана, нужер мунагьал чуриялъе гӀоло Дица рухӀ кьолеб бугелъул. Нужер Кумекчилъун ва Вакиллъун лъугьун, Дирго гӀумруги кьун, нужер налъаби, нужер такъсирал Дидаго тӀаде росидал, Дирго Инсуе Дун жеги хиралъулев вуго, Дир къурбан сабаблъун Дида божулесе Аллагь лъугьунев вугелъул РитӀухъавлъун ва ритӀухъ Гьарулевлъун». МЦ 9.1

Аллагьасул Васасда гурони, лъиданиги кӀвечӀо нилъер мунагьал чуризе. ГӀицӀго Инсулъ вукӀарасда кӀведал нилъее Аллагь загьир гьавизе. ГӀицӀго Гьесда, Аллагьасул рокьиялъул борхалъиги гъварилъиги лъалесда кӀвана нилъее гьеб рокьи загьир гьабизе. Мунагьчиясе гӀоло гӀицӀго МасихӀил гӀорхъи гьечӀебгӀан кӀудияб къурбаналда гурони, цоги сунданиги кӀвечӀо къосун ругел гӀадамаздехун Инсул бугеб рокьи загьир гьабизе. МЦ 9.2

«Гьаб дуниял Аллагьасе гьедигӀанги цӀакъ бокьулеб буго: Гьес ЦохӀо Вугев Вас гьаниве витӀана». Гьес Гьев кьуна гӀадамазда гьоркьоб гӀумру гьабизе гурев, гьезул мунагьал жиндего тӀаде росизе ва гьезие гӀоло къурбан-лъун хвезе. Гьес Гьев «кьуна» мунагьазукь бугеб гӀаламалъе. МасихӀица гӀумру гьабизе кколаан гьезие хӀажалъулебги, гьез тӀалаб гьабулебги тӀубазабулаго. Аллагьгун цолъун вугев Гьес, тӀезе кӀоларел гарцӀцӀаздалъун Живго вухьана гӀадамил лъималгун. ГӀиса «намуслъулароан гьезда вацалин абизе» (Евр. 2:11); Гьев вуго инсанасул сипаталда Инсул тахида цеве чӀолев ва Жинца мунагьаздаса бацӀцӀад гьабураб инсаниятгун абадул абадиялъего цолъарав нилъер Къурбан, нилъ ЦӀунулев чи, нилъер Вац. Гьев вуго ГӀамадил Лъимер. Гьеб кинабго ккана мунагьалъул гӀасияб кӀкӀалахъа къватӀиве инсан вахъизе, гьес Аллагьасул рокьиялъе жаваб кьезе ва бацӀцӀадаб гӀумруялъул рохел гӀахьал гьабизе гӀоло. МЦ 9.3

Нилъ мунагьаздаса рацӀцӀалъиялъул багьаялъ-нилъее гӀоло Жиндирго Вас хвезе кьурав нилъер Зобалазул Инсул рорцен гьечӀебгӀан кӀудияб къур-баналъ нилъелъ лъугьинабизе ккола МасихӀ сабаблъун нилъее щвараб тӀадегӀанаб даражаялъул асар. ХӀасратав чапар Иоаннида бихьана пасалъулеб бугеб инсанияталдехун Инсул рокьиялъул борхалъи, гъварилъи, гӀатӀилъи. Гьелъ бижизабураб шавкъалъги разилъиялъги керен цӀурав гьес, гьеб ро-кьиялъул кӀодолъиги хӀеренлъиги загьир гьабизе дандекколел рагӀаби ратичӀого, гӀаламалде ахӀана: «Нилъ Аллагьасул лъимал ругилан абизе ва хӀакъикъаталдаги гьеллъун рукӀинеги Инсуца нилъее кьун бугеб рокьиялъухъ балагье нуж», - ан. КигӀан тӀадегӀанаб къимат инсанасе кьун бугеб! Мунагьги гьабун, гӀадамил лъимал илбисалъул асирлъуде ккун рукӀана. Мунагь чуриялъе МасихӀил къурбаналда божиялдалъун Адамил лъималазда кӀола цӀидасан Аллагьасул лъималлъун лъугьине. Инсанасул тӀабигӀатги босун, МасихӀица инсаният тӀадегӀанлъизабуна. Пасалъун ругел гӀадамазда гьанже кӀола МасихӀилгун бухьеналдалъун «Аллагьасул лъимал» абураб хӀакъикъаталдаги тӀадегӀанаб цӀаралъе мустахӀикълъизе . МЦ 9.4

Гьединаб рокьи сунданиги данде кквезе бажаруларо! Зобалазул ПарччахӀасул лъимал! КигӀан къиматаб къотӀиха гьеб бугеб! Гьеб гьечӀищ гъваридго пикру гьабизе ккараб жо! Жиндаса инкар гьабураб гӀаламалдехун сунданиги релълъунареб рокьи! Гьеб пикруялъ рекӀее кутакаб асар гьабизе ккола ва Аллагьасухъ «гӀенеккиялъе гӀакълуги асир гьабизе» ккола. Хъанчил кунчӀиялъулъ бугеб илагьияб хасият цӀикӀкӀун нилъеца лъазабурабгӀан цӀикӀкӀун нилъедаги бичӀчӀула гурхӀел, рокьи ва тӀаса лъугьин ритӀухълъиялдеги ритӀухъаб диваналдеги дандекколеб бугеблъи, ва жеги цӀикӀкӀун баянлъула Аллагьасул гӀорхъи гьечӀеб рокьиялъе ва Гьесул хӀеренаб гурхӀелалъе нугӀлъи гьабулел, рикӀкӀун бажаруларел гӀемерал жал. Жиндирго билараб лъимадехун эбелалъул букӀунелдаса цӀикӀкӀараб буго гьеб гурхӀел. МЦ 10.1