МасихӀихъе нух ЦӀалдолиде хитӀаб

14/14

ТӀадегӀанасдаса рохел

Аллагьасул лъимал рукӀине ккола МасихӀил вакилзабилъун, гьезул гӀумруялъ нугӀлъи гьабизе ккола Гьесул лъикӀлъиялъе ва гурхӀелалъе. Инсул хӀакъикъияб хасият МасихӀица нилъее загьир гьабураб гӀадин, нилъецаги МасихӀ загьир гьавизе ккола Гьесул хӀеренаб рокьиялъул ва рахӀмуялъул хӀакъалъулъ щибниги лъаларезе. «Дуца Дун гӀаламалъухъе витӀарав гӀадин, - ан абуна ГӀисаца, - дица гьалги гӀаламалъухъе ритӀулел руго». «Дун гьазулъ вукӀина, Мун Дилъги вукӀина... гьелдалъун гӀаламалда лъазе Дун Дуца витӀун вукӀаравлъи (Ин. 17:18, 23). Павел чапарасги гьадин хъвана ГӀисал чапарзабазухъе: «Нужеца бихьизабулеб буго нуж рукӀин МасихӀил кагъат», «киналго гӀадамазда лъалеб ва цӀалулеб» (2 Кор. 3:3, 2). Жиндир лъималазул щивав чиясдалъун ГӀисаца кагъат битӀула гьаб гӀаламалъухъе. Мун МасихӀида нахъ вилълъарав чи ватани, Гьес дудалъун кагъат битӀулеб буго дур хъизаналъухъе ва киналго дур мадугьалзабазухъе. Дулъ вугев ГӀисае бокьун буго жеги Гьесулгун лъай-хъвай гьечӀел гӀадамазда гьоркьоса щивасул пикрабазулъе ва къасдазулъе лъугьине. Гьез Библия цӀалулеб батичӀого букӀинеги бегьула яги рагӀулеб батиларо гьелъул тӀанчаз гьездехун хитӀаб гьабулеб гьаракь. Гьезда бихьуларо Гьесул ишазулъ загьирлъараб Илагьияб рокьи. Амма мун МасихӀил ритӀухъав вакил ватани, дудасан гьезухъеги щвезе бегьула Гьесул гурхӀелалъул рахъалъ дагьабниги бичӀчӀи ва гьезул къасд ккезе бегьула Гьев вокьизе ва Гьесие хъулухъ гьабизе. МЦ 85.1

Христианал вакилзабилъун гьарун руго зобалазде унеб нухда нуралъул канлъи гвангъизабизе. Гьез дунял гвангъизабизе ккола МасихӀидасан бачӀунеб нуралдалъун. Гьезул гӀумруялъ ва гӀамалалъ загьир гьавизе ккола МасихӀ ва Гьесул хъулухъ. МЦ 85.2

Унго-унголъун МасихӀил рахъ ккураз Гьесие хъулухъ гьабула берцинго ва тӀаде ракӀ цӀаледухъ, хӀакъикъаталда гьел жалгоги гьединал рукӀуна. Жидер ракӀал пашманлъиялъулги бечӀалъиялъулги цӀурал, зигардулел ва гӀарзахъдулел рукӀунел христианаз Аллагьасул ва христианазул гӀумруялъул рахъалъ бижизабула мекъаб пикру. Гьез ракӀалде ккезабула Аллагьасе жиндирго лъимал талихӀаллъун рукӀине бокьун гьечӀин, ва гьелдалъун гьез гьересияб нугӀлъи гьабула нилъер Зобалазул Инсул рахъалъ. МЦ 85.3

Илбис бохула Аллагьасул лъимал божи гьечӀолъиялде ва чара къосиналде ккезаризе гьелъухъа бажарараб мехалъ. Гьеб белъанхъула нилъ Аллагьасда божулел гьечӀолъиги ва нилъ хвасар гьаризе Гьесие бокьун букӀиналда ва Гьесда гьеб кӀолеблъиялда нилъ щакдарулел рукӀинги бихьараб мехалъ. Гьеб цӀакъго бохула Аллагьасул ХӀукмуялъ нилъее зарал гьабулеб бугин нилъеда ракӀалда ккараб мехалъ. ШайтӀаналъ гьабизе нахъе жо толаро БетӀергьан гурхӀелги рахӀмуги гьечӀев вугилан чӀезабиялъе. Гьелъ хӀакъабщинаб мекъи сверизабула ва Аллагьасул хӀакъалъулъ гьереси ГӀадамазул рекӀелъе лъугьинабула. Нилъин абуни, Илагьияб хӀакъикъаталъул рахъалъ пикру гьабизе кколеб бакӀалда, гӀемерисеб мехалда цӀикӀкӀун Машгъуллъула Аллагьасул рахъалъ шайтӀаналъ рицунел гьерсазул хӀакъалъулъ пикрабазде ва Гьесда божичӀого, Гьесде гӀарзал рахъун, Аллагь къабихӀ гьавула. ШайтӀаналъ гьоркьоса къотӀичӀого хӀаракат бахъула динияб гӀумруялде чӀегӀераб рагӀад рехизабизе. Гьелъие бокьун буго гьеб бакӀаблъун ва захӀматаблъун бихьизабизе. Ва христианас жиндирго гӀумруялдалъун диналъул хӀакъалъулъ гьединаб пикру тасдикъ гьабулеб бугони, гьес тушманалъе квербакъулеб буго. МЦ 86.1

ГӀемерисел гӀадамаз цӀакъго цӀикӀкӀун пикру гьабула жидерго гъалатӀазул, гӀунгутӀабазул, щакдарабазул. Пашманлъиялъул ва къварилъиялъул цӀун рукӀуна гьезул ракӀал. Дун Европаялда йикӀараб заманалда, чара къосун, хьул къотӀун йигей цо диналъул яцалъ дихъе кагъат бачӀана жиндир ракӀбатизабейин, рекӀелъе аваданлъи лъугьинабейин. Гьелъул кагъат дихъе щвараб сордоялъго дида макьилъ бихьана дунго ахикь йигей гӀадин. Гьеб ахил бетӀергьан ватилин дида ракӀалде ккарав чияс дун жиндаго цадахъ гьений киса-кийго тира-сверизе ячана. Гьениса ретӀун тӀугьдузул гьуинал махӀаздаса дица лазат босулеб букӀана. Гьебмехалъ дида цадахъ ячӀуней йикӀарай гьей яцалъ дида бихьизабуна цеехун ине гьелъие квалквал гьабулеб букӀараб зазхъарахъ. Гьелъ гӀарз бахъулеб букӀана, зигардулей йикӀана. Ниж тира сверизе рачарав чиясда хадуй, ахикь ругел нухаздасан гуро гьей ячӀуней йикӀарай. Гьей йилълъуней йикӀана заз-хъарахъалда гьоркьосан. «ГӀайиб гурищ гьадинаб гьайбатаб ахикь заз-хъарахъ букӀине», — ян абулеб букӀана гьелъ пашманго. Цадахъ вукӀарас гьелда абуна: «Гьеб заз-хъарахъ жибго те дуца. Гьелъ дур бохквералда хӀунчила. Дуца ретӀе розаби, лилиял, михӀикӀал». МЦ 86.2

Дур гӀумруялъулъ рукӀинчӀелищ Илагьияб РухӀалъул асаралда гъоркь дур ракӀ бохун кӀетӀолел аваданал, гвангъарал лахӀзатал? Нахъвуссун дурго гӀумру ракӀалде щвезабулаго дуда гьениб батулеб гьечӀебищха рекӀее лъикӀаб асар гьабулеб жо? Дур нухлул рагӀалдасан, махӀ гьуинал тӀугьдул гӀадин рукӀинчӀелищ Аллагьас къотӀи гьабурал жал. Дуе бокьун гьечӀебищха гьезул гьайбатлъиялъ ва гьуинал махӀаз дурго рекӀелъе гьарзаго рохел лъугьинабизе. МЦ 87.1

Заз-хъарахъалъ дуда гӀицӀго ругънал лъола, унтизабула. Нужеца кидаго зазал тӀолел ругони ва цогидазеги кьолел ругони, Аллагьасул рахӀматалдаса нужго махӀрум гьарулел рукӀин гуребги, нужеца цогидазеги квалквал гьабула гӀумруялъул нухдасан ине. МЦ 87.2

ЦӀодорлъи гуребха, нахъехун таралъуб букӀараб квешабщинабги, нужерго мунагьалги, щакдарабиги ракӀалда щвезари, кидаго гьезул бицин, гьезухъ магӀу гьаби, - гьедин нилъ тӀубанго пашманлъиялъул къорикье ккола. Пашманго вугев чи бецӀлъукье ккола, гьес квекӀен гьабула Илагьияб нур жиндирго рекӀелъе лъугьине ва цогидал унеб нухдеги рагӀад рехизабула. МЦ 87.3

Аллагьасе баркала кье, рецц гьабе Гьес нужее сайгъат гьарулал гьайбатал лахӀзатазухъ. РачӀа нилъерго ракӀалдещвеязулъ цоцазда рихьинарилин Гьесул рокьиялъул далилаллъун лъугьарал жал, цинги нилъ кидаго гьезухъ балагьун рукӀина. Нилъеца пикру гьабила Аллагьасул Васасул хӀакъалъулъ. Гьес Жиндирго Инсул тах рехун тана ва Жиндирго Илагьияб зат бахчана инсанасул сипаталъулъ, гьелдалъун инсан илбисалдаса хвасар гьавизе; пикру гьабила нилъее гӀоло Гьес босараб ва зобал рагьараб бергьенлъиялъул хӀакъалъулъ. Гьес гьеб гьабуна божиялдалъун Аллагьасул къудраталъул ПарчахӀлъи бихьизе гӀадамазе рес ккезелъун. РакӀалде щвезабилин мунагьалъулъ къан букӀараб инсаният. Мунагьалъ паналъиялъул гъваридаб кӀкӀалахъе рехун букӀараб гьеб хвасарлъана ва Абадияв Аллагьасулгун рагӀи дандеккана. РакӀалде щвезабилин РецӀел кьун нилъ ричун Росарасда божиялдалъун, илагьияб хӀалбихи хӀехьезе кӀваралщинал МасихӀил ритӀухълъиялъул кверщаликье ккей ва Гьесул тахида цере хӀикмалъизари. Гьеле гьединал хӀакъал ишазда тӀад ургъизе ахӀулел руго нилъ Аллагьас. МЦ 87.4

Аллагьасул рокьиялда щакдариялдалъун ва Гьес кьураб рагӀуда божичӀолъиялдалъун нилъеца Гьев хӀакъир гьавула ва Илагьияб РухӀ къварид гьабула. Кинаб хӀалдай эбелалъул букӀинаан, гьелъ жидее лъикӀлъи гьабулеб гьечӀилан гьелъул лъимал гьоркьоса къотӀичӀого гӀарзахъдулел ругони, гьейги кидаго йигони тӀолабго къуват кьун гьезул тӀалаб-агъазалда ва гьелъ гӀумруги гӀицӀго гьезул талихӀалъе гӀоло гьабулеб бугони? Гьелъие жал рокьулел гьечӀилан гьел щакдариялъ гьелъул ракӀ лъукъилаан. Бокьарав чиясда кинаб хӀал букӀинеб, гьесул лъималазул гьесдехун гьединаб гьоркьоблъи бугони? Нилъер хӀакъалъулъ Зобалазулав Инсул кинаб пикру букӀинеб, Гьесул рокьиялда нилъ божулел гьечӀони? Гьеб рокьиялдалъун гурищ Гьес Жиндир цохӀо вугев Вас хвезе витӀарав, нилъее абадияб гӀумру щвезе гӀоло. Чапарас хъвалеб буго: «Аллагь Жиндирго Васасдагицин барахщинчӀо, нилъее гӀоло хвезе витӀана Гьев. Гьединаб сайгъат гьабурав Аллагьас хутӀарабщинабги кьеларищ нилъее» (Рим. 8:32). Гьедин бугониги, гӀемерисез кӀалалъ абичӀониги, жиндирго ишаздалъунгӀаги абула: «БетӀергьанас гьеб дие гьабураб гуро. Гьесие цогидал рокьулел ратила, амма дун вокьуларо», - ян. МЦ 87.5

Гьеле гьеб киналъго нилъер рухӀалъе гӀицӀго зарал гьабула. Щайгурелъул щаклъиялъул щибаб рагӀудалъун нилъ шайтӀаналъул хӀалбихьиялъул асаралде гъоркье ккола ва гьелъ нилъ рачуна божи дагьлъиялде, гьелдалъун малаикзаби къварид гьарула ва гьел нилъедаса рикӀкӀалъизе ккола. ШайтӀаналъ нужер хӀалбихьулеб мехалъ щакдарун яги пашманлъун цониги рагӀи абуге. Гьелъ гӀинзукье щурулелъухъ мун гӀенеккани, дур ракӀ божунгутӀиялъулги ццин бахъиналъулги цӀола. Гьелъул хӀакъалъулъ цогидазда бицунаго, дуца дуего зарал гьабулеб букӀин гуребги, дуда сверухъ ругел гӀадамазул пикруялъулъе дуца рехулеб щакдариялъул хьон тӀаде баккула, тӀегьала, тӀад бижула гьезул гӀумру кьогӀлъизабулеб пихъ. Дур рагӀабаз гьезие гьабизе бегьула гьезда хисизабизе кӀолареб ва гьел паналъизарулеб асар. Мун гьеб илбисалъул хӀалбихьиялъе къуркьичӀого ва гьелъ гъураб гьиналъ кквечӀого хутӀизе бегьула, амма дур асаралда гъоркье ккун, рекӀелъе щаклъи лъугьарал цогидазда кӀвечӀого букӀине бегьула дуца гьесулъ бекьараб шакдариялдаса ворчӀизе. Гьединлъидал кӀвар цикӀкӀараб жо буго гӀицӀго рухӀияб къуватги гӀумруги кьолелъул хӀакъалъулъ бицине! МЦ 88.1

Малаикзабаз берцинго гӀинтӀамула жидер Зобалазулав МугӀалимасул хӀакъалъулъ нугӀлъи гьабун, дуца гӀаламалъе бицунелъухъ. РачӀа нилъеца гӀемер бицинин Жив, «Инсуда цеве нилъер рахъ ккун кӀалъазе, кидаго чӀаго вугесул» хӀакъалъулъ. Дуца гьудуласе салам кьолаго, биччанте дур ракӀги кӀалги Аллагьасе гьабулеб реццалъул цӀун букӀине. Гьелъ гьесул пикру ГӀисаде буссинабила. МЦ 88.2

Киналго гӀадамазда дандчӀвала хӀехьезе захӀматал хӀалбихьиялги къварилъабиги, къезаризе захӀматал щакдарабиги. Нужер захӀмалъи-къварилъи гӀадатиял гӀадамазул ракӀазулъе лъугьинаруге, нужеца гьеб рехсе Аллагьасе гьабулеб гьаридугӀаялъулъ. Нужеца нужго ругьун гьаре щаклъиялъул яги ракӀбечӀаялъул хӀакъалъулъ цониги рагӀи киданиги кӀалдиса къватӀибе биччангутӀизе. Хьулазул, ракӀбатизабиялъул цӀурал нужер рагӀабазда кӀола цогидазул гӀумру гвангъизабиялъе ва гьезул къуват цӀикӀкӀинабиялъе гӀемераб жо гьабизе. МЦ 89.1

ГӀемерисел загӀипал рухӀал рукӀуна щакдарабазул бакӀаб гьирги баччун. Гьел хӀадур рукӀунин ккола жидерго напсалде ва квешазул (шайтӀабазул) къуваталде данде къеркьезе жидеда кӀоларилан мукӀурлъизе. Жидерго захӀматаб къеркьеялъулъ бергьиналда ракӀчӀеялдаса махӀрум гьаруге гьединал гӀадамал. Хьул лъеялъул рагӀабаздалъун ракӀбатизабе гьезул. Ва гьеб мехалда МасихӀил нуралъ гвангъила нужер гӀумру. «Нилъеда гьоркьов цониги чи гьечӀо цохӀо жиндиего гӀоло гӀумру гьабулев» (Рим. 14:7). Нилъеца гӀадамазул гӀумруялъе гьабулеб асар нилъеда гӀемерисеб мехалъ лъазецин лъаларо. Нилъеда кӀола цогидазул ракӀбатизабизе, гьел къвакӀизаризе, яги, гьелъул гӀаксалда, гьел ракӀбуссиналде ккезаризе ва МасихӀидасаги хӀакъабщиналдасаги рикӀкӀалъизаризе. МЦ 89.2

ГӀемерисел гӀадамазул рекӀелъ буго МасихӀил гӀамалхасияталъулги гӀумруялъулги хӀакъалъулъ мекъаб пикру. Гьезда ракӀалде ккола МасихӀида лъалеб букӀинчӀин рекӀел хинлъиги гӀумруялъул аваданлъиги, Гьев хъачӀав, кьварарав ва пашманав вукӀанин. Ва гьединлъидал гӀемерисеб мехалда цо-цо гӀадамазул христианияб гӀумру букӀуна бецӀаб, пашманаб ва рохел-аваданлъи гьечӀеблъун. МЦ 89.3

ГӀемер абула ГӀиса гӀодулаанин, Гьев киданиги гьимулев вукӀаравищали лъаларин. Нилъ Хвасар гьарурав хӀакъикъаталдаги вукӀана «унтул асар лъарав, къварилъи къулчӀарав Бихьинчи». Гьес Жиндирго рекӀелъе биччалаан гӀадамазул кинабго къварилъи-захӀмалъи. Амма Гьесул гӀумру гьаб дунялалъул лазаталдаса инкар гьабиялъул цӀураб ва захӀмалъабазги тӀалабазги бакӀлъизабураб букӀаниги, Гьесул рухӀги ракӀги гӀодобчӀвараб букӀинчӀо. Гьесул гьурмада загьирлъулароан пашманлъиялъул яги разилъунгутӀиялъул асар, гьелъ кидаго нугӀлъи гьабулаан жанисеб сабруялъе, гӀодобиччаялъе. ГӀисал ракӀ лъугьун букӀана гӀумруялъул иццлъун, ва киве гьев вачӀаниги, Гьес цадахъ бачӀунаан рахӀатги рекъелги, рохелги талихӀги. МЦ 89.4

Хвасар гьарулев вукӀана кидаго сундего кӀвар кьолевлъун ва цебе лъураб мурадалде щвезе хӀаракат бахъулевлъун, гьев киданиги вукӀинчӀо гӀунцаравлъун ва ццидалавлъун. Гьесда нахърилълъаразул гӀумруялъул хаслъилъун лъугьина мурадалде щвеялъе таваккал ва гьелъулъ цӀикӀкӀина жавабчилъиялъул гъваридаб асар. Пикру тӀадагьлъи лъугӀун ина, гьалагаб аваданлъи ва хъачӀаб махсаро букӀинаро. ГӀиса МасихӀил диналъ босун бачӀина гӀодобиччан чвахулеб кӀудияб гӀоралда релълъараб рекъел. Гьелъ рохалил канлъи свинабуларо, аваданаб асар къинабуларо ва талихӀаб гьимиялъ гвангъизабураб гьурмаде рагӀад рехизабуларо. Гьесие хъулухъ гьабизелъун гуро МасихӀ вачӀун вукӀарав, Гьес цогидазе хъулухъ гьабизейин; ва нилъер рекӀелъ лъугьун бугони хӀакълъунго Гьесде рокьи, нилъеца Гьесдаса мисал босизе ккола. МЦ 90.1

Цогидазул квешал яги мекъал ишазул пикрабазда нилъ кидаго хутӀулел ругони, МасихӀие нилъ рокьулел гӀадин, нилъее гьел рокьизе рес гьечӀо. Амма нилъер пикраби кидаго машгъуллъун ругони МасихӀил нилъедехун бугеб рокьиялдеги рахӀмуялдеги, нилъедаги кӀола нилъеда сверухъ ругездехун гьебго хӀалалда рукӀине.Нилъ цоцазе рокьизе ккола ва нилъеца цоцазул хӀурмат гьабизе ккола, нилъеда рихьичӀого хутӀуларел гъалатӀазухъги гӀунгутӀабазухъги балагьичӀого. Чара гьечӀого хӀажат буго нилъелъго хӀеренлъи, гӀадатлъи ва гӀаданлъи цӀикӀкӀинабизе, цогидазул гъалатӀаздехун сабруяб ва тӀаса лъугьиналъулаб балагьи гьабиялде ругьунлъизе. Гьелъ нилъелъ лъугӀизабула нилъго рокьиялъул хӀакъираб асар ва нилъ ракӀ лъикӀаллъунги лъикӀлъи гьабизе бокьулеллъунги лъугьинарула. МЦ 90.2

Туркаби ахӀулес хъвалеб буго: «БетӀергьанасде таваккал тӀаме ва лъикӀлъи гьабе; ракьалда гӀумру гьабе ва хӀакъабщинаб цӀуне», - ян. (Пс. 36:3). «БетӀергьанасде таваккал тӀаме!». Щибаб цӀияб къоялъ росун рачӀуна къварилъабиги, захӀмалъабиги, тӀалабалги. ДандчӀвараб мехалда нилъеца цоцазда цӀикӀкӀун бицуна нилъерго захӀмалъабазулги къварилъабазулги. ГӀададисеб хӀинкъиялъ кигӀан цӀикӀкӀараб гӀазабха нужее кьолеб бугеб! Чан хӀинкъиги рахӀатхвейги лъугьунеб бугеб нужер гӀумруялъулъе. Гьеб кинабго нужее бакӀлъула, Хвасар Гьарулевги Гьесул гурхӀелги тӀубанго кӀочон толедухъ. Нилъеда сверухъ ругел гӀадамазда ракӀалде ккезе бегьула нилъеда гурхӀулев, нилъ рокьулев, нилъеца гьараралъухъ гӀенеккизе хӀадурав ва нилъее захӀматаб заманалда кумекги гьабулев Хвасар Гьарулев нилъер гьечӀилан. МЦ 90.3

Цо-цо гӀадамаз гӀумру гьабулеб буго кидагосеб хӀинкъиялъул ва гӀададисеб рихха-хочиялъул къорикье ккун. Гьебго заманалда щибаб къоялъ нилъеда рихьула Аллагьасул рокьиялъул бицунел хӀакъал далилал, нилъеца пайда босула Гьесул Илагьияталдалъун нилъее щолел гьарзаял сайгъатаздаса, аммма нилъеца пикру гьабуларо Гьесдасан бугеб баркаталъул. Нилъер пикраби кидаго машгъуллъун рукӀуна гӀумруялъулъ дандчӀвалел батӀи-батӀиял квекӀеназде. Нилъеда ракӀалде ккола букӀинеселда гьел квекӀеназул нилъее хӀинкъи бугин. Яги пикру буссинабула хӀакълъунго бугеб, амма кӀудияб захӀмалъи-гӀакъуба жиндилъ гьечӀеб квекӀеналде. Гьелъ бецлъизарула, ва нилъеда бихьуларо нилъеца БетӀергьанасе баркала кьезе мустахӀикълъараб гӀемераб жо. Нилъеда дандчӀвалел захӀмалъабаз нилъ гӀагарлъизаруларо нилъее кумекалъул Иццлъун жив гурони гьечӀев Аллагьасде, гьелъул гӀаксалда, Гьесдаса рикӀкӀалъула, рахӀатхвейги зигардиги цӀикӀкӀуна. МЦ 90.4

Гьедин божичӀого чӀезе бегьулелищ нилъ? Щай нилъ гьадигӀан цӀакъ баркала гьечӀеллъун ва божулареллъун лъугьун ругел? ГӀиса ккола нилъер бищунго лъикӀав Гьудул, тӀолалго зобалазе бокьун буго нилъее саламатлъиги лъикӀлъиги! Щибаб къойилаб гӀумруялъулъ гӀададисеб рихха-хочиялъги хӀинкъабазги нилъер гӀакълуялъе асар гьабизе ва ракӀ сородизабизе биччаларин! Гьедин гьабичӀони, нилъее кидаго рукӀуна пашманлъиялъеги рахӀат хвеялъеги гӀиллаби. Гьеб нилъее лъугьуна гӀицӀго хӀинкъилъун ва бакӀаб гьирлъун, ва хӀалбихьиял хӀехьезеги кинго кумек гьабуларо. МЦ 91.1

Ратизе бегьула нужер яшав-магӀишаталъул ишазулъ битӀккунгутӀи, яги батизе бегьула цо жо камиялъул хӀинкъи, ва букӀинесебги бихьулеб батила бецӀаблъун ва пайда гьечӀеблъун. Нуж ракӀбуссун лъугьунге! Нужер киналго ишал Аллагьасде тӀамун те ва гӀодориччан, ракӀрегьун, аваданго рукӀа! Аллагьасдасан гьаре нужер ишал цӀодораб нухда тӀамиялъе ва камиги балагьги ккечӀого рорчӀиялъе гӀураб гӀакълу! Нужеда барабщинаб гьабе хӀалтӀул лъикӀал хӀасилал ккеялъе. ГӀисаца рагӀи кьун буго Жинца кумек гьабилин, нилъецаги нилъерго рахъалдасан хӀаракат бахъизе ккола. Нужер къудратав Кумекчиясда нуж тӀубанго божун ругони, ва нужеда кӀварабщинабги гьабуни - букӀинеселъул ургъел тӀаса уна! МЦ 91.2

Аллагьасул амру Жиндир лъималазе захӀмалъи букӀинабиялъулъ гуро бугеб. Амма нилъер БетӀергьанас нилъ гуккулел гьечӀо. Гьес нилъеда абулеб гьечӀо: «Мун хӀинкъуге! Дур нухда хӀинкъизе ккарал жал гьечӀо», - ян. Гьесда лъалелъулха хӀинкъизе ккарал жалги хӀалбихьиялги рукӀин. БитӀахъе абулеб буго Гьес нилъеда гьелъул хӀакъалъулъ. Аллагьас Жинцаго гуро Жиндирго халкъ мунагьалъул ва квешлъиялъул дунялалдаса нахъе рачунел. Гьес нилъеда бихьизабула хӀинкъи гьечӀеб бакӀалде нух. ГӀисаца гьарана Жиндирго чапарзабазул рахъалъ: «Гьаб гӀаламалда гьоркьоса гьал нахъе рачейилан гуро гьарулеб бугеб, гьанир гьал илбисалдаса цӀунеян гьарулеб буго Дица» (Ин. 17:15). «Гьаб дунялалда нужее гӀазаб-гӀакъуба букӀина. Амма нуж къвакӀун чӀа. Дун гьаб дунялалдаса бергьана», - ян (Ин. 16:33) абуна Гьес муридазда. МЦ 91.3

МагӀарда гьабураб вагӀзаялда МасихӀица Жиндирго чапарзабазе кьолеб буго чара гьечӀого Аллагьасда божизе ккеялъул дарс. Гьел насихӀатал гьарун руго Аллагьасул лъималазул киналго заманабазда ракӀбатизабиялъе. Гьезулъ жакъаги гьарзаго руго нилъее дарсалги ракӀбатизабиги. «Зобалазул хӀанчӀазухъ ралагье нуж, - ан абулеб буго Жинда хадур рачӀаразда ГӀисаца. Гьез я бекьуларо, я лъилъуларо, я царгъахъе баларо. Зобалазда вугев нужер Инсуца хьихьун руго гьел». Хвасар гьарулес цинги гьезда гьикъулеб буго: «Гьездаса гӀемерго хириял гьечӀищ нуж?», - ан (Мф. 6:26). КӀудияв Аллагьас тӀалаб гьабула гӀадамазулги хӀайваназулги, Жиндирго квер щвезабула Жинца бижанщиналде ва гьезие хӀажатабщинабги кьола. Зобалазул хӀанчӀигицин тун гьечӀо гьес кӀвар гьечӀого. Гьес квен гьезул гозоялда жаниб лъоларо, амма гьезие чара гьечӀого хӀажалъулебщинаб жо цебеккунго бихьизабун буго. Гьез рищизе ккола, Гьес гьезие ракьалде щварал мугьал. Гьез хӀадур гьабизе ккола жидерго гӀисинал бусаби гьаризе ва жидерго тӀанчӀи хьихьизе хӀажалъулел жал. Аваданал кучӀдулги ахӀулаго гьабула гьез гьеб хӀалтӀи, щайгурелъул «Зобалазда вугев нужер Аллагьас гьел хьихьулел ругелъул». «Нуж гьездаса гӀемерго хириял гьечӀищ?». Пикру гьабизе лъалел ва гӀакълу-лъаялдалъун Аллагьасе бетӀер къулулел нуж гӀемерго къиматал гьечӀищ? Жиндирго сипаталда ва Жиндаго релълъун нилъ Рижарас ва ЦӀунулес кьеларищ нилъее хӀажалъулебщинаб жо, нилъ гьесде таваккал тӀамун чӀани? МЦ 92.1

МасихӀица Жиндирго чапарзабазул кӀвар буссинабуна кисакирго гьарзаго рижун ругел тӀугьдузде, инсанасде бугеб Жиндирго рокьиялъул гӀаламатлъун, Зобалазулав Инсуца гьезие кьун бугеб берцинлъиялде. Гьес абуна: «ТӀугьдузухъ ралагье нуж кин гьел рижун ругелали», - ян. ЧӀагоял тӀугьдузул гӀадатияб гьайбатлъи гӀемерго цӀикӀкӀараб буго Сулейман аварагас ретӀунеб букӀараб ратӀлилалдаса. Инсанасул устарлъиялъулаб гьунаралдалъун гьабураб ратӀлил берцинлъи кинго дандеккун бажаруларо Аллагьас рижарал тӀугьдузул тӀабигӀияб берцинлъиялда. ГӀисаца гьикъулеб буго: «Ле, божи дагьаб уммат! Жакъа гӀалахалда бугони, метер цӀадабе рехулеб тӀегь-хералдагицин Аллагьас гьединаб берцинаб ретӀел ретӀунеб бугеб мехалъ, кигӀан берцинабдай нужер букӀинеб» (Мф. 6:28; 30). ЦохӀо къоялъ речӀалел тӀугьдул Аллагьас, Зобалазулав Художникас, кигӀан хӀеренал ва батӀи-батӀиял кьераздалъун берцинлъизарун ругел? Гьезул гьабулелдаса гӀемерго цӀикӀкӀун тӀалаб гьабиларищ гьес Жиндир сипаталдалъун рижаразул? МасихӀил гьел рагӀабаз гӀайиб чӀвалеб буго божи дагьаб рекӀел рахӀат хвеялдаги, хӀайранлъун хутӀиялдаги, щакдариялдаги. МЦ 92.2

БетӀергьанасе бокьун буго Жиндирго васалги ясалги талихӀаллъун ва мутӀигӀаллъун рихьизе. ГӀисаца абулеб буго: «Дирго рекъел кьолеб буго Дица нужее, дунялалъ кьолеб бугеб гӀадин гуребха Дица нужее гьеб кьолеб бугеб! РакӀ къварилъун рукӀунге ва хӀинкъуге нуж!» «Дица гьеб бицана нужеда, Дилъ бугеб рохел кидаго нужераблъун хутӀизе ва нужер рохел киданиги тӀаса камунгутӀизе» (Ин. 14:27; 15:11). МЦ 93.1

ТӀадаб налъиги тӀубазабичӀого, жиндирго хайиралъе гӀоло инсанас жиндиего балагьулеб талихӀ халат хутӀуларо ва хехго щущан уна. Гьеб хехго тӀаса уна, гьеб балагьизе хӀаракат бахъарав чиги хутӀула янгъизго ва пашманго. Аллагьасе хъулухъ гьабиялъ босун бачӀуна рохелги разилъиги. Христианав вукӀине бегьуларо кин-щиб гьабилебали лъаларого. Гьев асир гьавизе бегьуларо пайда гьечӀеб пашманлъиялъ ва ракӀбуссиналъ. Гьаб гӀумруялда нилъее лазат-рахӀат щолеб гьечӀониги, нилъ рохун рукӀине ккола бачӀунеб гӀумруялъухъ балагьун чӀун. МЦ 93.2

Гьанжего гьаниб, гьаб дунялда, христианав вохула МасихӀилгун гьоркьоблъиялдаса, Гьесул рокьиялъул нуралдасан лазат босизе щвеялдаса, кидаго гьев аскӀов вукӀиналдалъун рекӀее хӀалхьи гьабизе рес ккеялдаса. Нилъер щибаб галиялдалъун нилъее рес ккола ГӀисаде гӀагарлъизе, Гьесул рокьи бичӀчӀиялъе цӀикӀкӀараб лъай щвезе, машгьураб ва рахӀатаб ВатӀаналде гӀагарлъизеги. Гьединлъидал нилъ хьул къотӀун рукӀинарин, кидагоялдаса цӀикӀкӀун щулалъизабилин нилъерго ракӀчӀей. «Гьаб бакӀалда щвезегӀан нилъее БетӀергьанас кумек гьабуна» ва ахиралде щвезегӀанги гьабила (1 Цар. 7:12). Нахъруссун ралагьилин нилъеца нахъехун таралъухъ, дол нилъеда ракӀалдаса унарел соназухъ: доб мехалда якъинго бихьана Аллагьасул кумек ва тушманасул кверщелалалдаса нилъ рорчӀизарураб куц. РакӀалдаса ине теларин тӀолабго тӀалабагъазги, нилъее щвараб рахӀмат-цӀцӀобги: Гьес нилъер беразул магӀу бакъвазабуна, нилъер унти Гьес тӀаса инабуна, нилъер рахӀатхвейги хӀинкъиги Гьес щущазабуна, нилъер тӀалабалги Гьес тӀуразаруна, баркаталъул цӀадги гьес нилъеде базабуна. Гьединаб къагӀидаялъ нилъеца къуват цӀикӀкӀинабила нилъер къварилъизахӀмалъиялъул нухлул хутӀараб бутӀаялдасан церехун ине. МЦ 93.3

Хадубккунисеб нилъер къеркьеялъулъ дандчӀвазе ругел захӀмалъабазул пикру гьабичӀого чӀезе бегьуларо нилъ. Нахъехун хутӀаралъухъ нахъруссун ралагьун, хадуб букӀине бугелъулги пикру гьабун, нилъеда абизе кӀола: «Гьаб бакӀалде щвезегӀан БетӀергьанас нилъее кумек гьабуна... Дур къоялго гӀадин цӀикӀкӀине буго дур бечелъиги» (Втор. 33:25). ХӀехьезе нилъер къуват гӀолареб хӀалбихьи Аллагьас нилъеде рещтӀинабуларо. Гьединлъидал щивав чияс жиндирго хӀалтӀи гьабила, хӀалбихьи кинаб бугониги, гьеб хӀехьезе гӀураб къуват нилъер букӀиналда божун. МЦ 94.1

Аллагьасул лъималазе кватичӀого рагьизе руго зобалазул каваби. ПарччахӀасул кӀалдисан рачӀунел гьадинал баркаталъул рагӀаби гьезда рагӀизе руго рецц-бакъалъул бищунго хӀасратаб бакъан гьадин: «Ле, Дир Инсул баркат лъурал гӀадамал, дунял бижаралдаса нахъего нужее къачӀан букӀараб ПарччахӀлъи босизе рачӀа» (Мф. 25:34). МЦ 94.2

РацӀцӀалъун ритӀухълъарал, гьеб мехалда рохун къабул гьаризе руго ГӀисаца гьезие хӀадурарал кӀалгӀабазухъ. Мунагьазул цӀураб ракьалда гьезда аскӀор рукӀараздаса гӀемерго батӀиял рукӀина цӀидасан гьезда цадахъ яшав гьабун ругел гӀадамал. Гьениб букӀунаро квешлъи, намус гьечӀолъи, гукки, Аллагь тун цогидал жалазе лагълъи гьаби. Хвасар гьарураз хабар бицине буго илбис къезабурал ва Илагьияб къуваталдалъун гӀамалхасият камиллъарал гӀадамазулгун. Гьанже щибаб нухалъ гьезие кьолеб бугеб мунагьалде гьетӀи, щибаб камиллъи гьечӀолъи тӀаса ине буго МасихӀил биялдалъун. Гьезие кьезе буго бакъул канлъиялдасаги цӀикӀкӀараб Гьесул къудраталъул нур. Гьезулъ гвангъизе буго тӀасан бихьулеб гъоркь къинабулеб, жанисеб берцинлъи ва МасихӀил хасияталъул камиллъи. Мунагь гьечӀел жал (малаикзаби) гӀадин, гьелги чӀезе руго Аллагьасул кӀудияб тахалда цере, малаикзабазул кӀодолъиги тӀокӀлъиги тӀаса бикьун жидеего босун. МЦ 94.3

Жиндир букӀине бугеб машгьураб наслуялъухъ балагьун, «инсанас кинаб рецӀел кьезе бугеб жиндирго рухӀалъухъ?» Гьев мискӀинав вукӀине бегьула, амма гьесул жанисеб бечелъи ва къадру гьаб дунялалъ киданиги кьезе гьечӀо гьесие. Мунагьалдаса хвасарлъараб ва бацӀцӀалъараб, жиндир киналго лъикӀал къуватал Аллагьасе хъулухъ гьабиялъе кьураб рухӀ зобалазда букӀуна жиндир багьа чӀезабун хӀалкӀоларебгӀан хирияб, къиматаб. Аллагьасда цадахъ тӀолалго зобал ва хириял малаикзаби рохула, рецӀел кьун, мунагьалдаса бацӀцӀалъараб щибаб рухӀалдаса. Гьеб рохел загьир гьабула цӀакъго кӀудияб рохел жиделъ бессарал хириял назмабиги ахӀун. МЦ 94.4

ТӀехьалда руго
ЦӀалдолесде хитӀаб
Мунагьчиясе Хвасар Гьарулев хӀажалъула
КантӀи
ГӀайибалъе мукӀурлъи
Назру гьави
Божи ва къабул гьави
Нилъ МасихӀиллъун ругищ?
МасихӀидалъун тӀаде цӀикӀкӀин, кӀудиял гӀей
Нилъер гӀумру ва ишал
Аллагь лъай
Гьари-дугӀаялъул тӀокӀлъи
Щакдарабазда щиб гьабилеб
МЦ 95.1