МасихӀихъе нух ЦӀалдолиде хитӀаб

12/14

Гьари-дугӀаялъул тӀокӀлъи

ТӀабигӀаталдалъунги, загьир гьарулал ишаздалъунги, нилъер гьабулеб тӀалаб-агъазалдалъунги ва жиндирго рухӀалъул асарадалъунги кӀалъала Аллагь нилъедехун. Амма гьелдалъун лъугӀизе бегьуларо Гьесулгун нилъер хурхенбухьен. Нилъер щивасги Гьесие нилъерго ракӀ рагьизе ккола. Нилъее рухӀияб гӀумруги къуватги щвезе ккани, нилъ рукӀине ккола нилъерго Зобалазул Эменгун чӀагояб хурхен-бухьеналда. Нилъер пикраби Гьесде руссун рукӀина. Нилъеца пикру гьабила Гьесул ишазул, Гьесдасан бугеб гурхӀелалъул ва баркаталъул хӀакъалъулъ, амма жеги гьеб кколаро гьеб рагӀул тӀубараб магӀнаялда Гьесулгун хурхен-бухьенлъун. Аллагьасулгун хӀакъаб бухьен лъугьине ккани, нилъеца Гьесда бицине ккола нилъер гӀумруялъул хӀакъалъулъ, нилъер рохелалъулги пашманлъиялъулги хӀакъалъулъ. МЦ 68.1

Гьари-дугӀаялда нилъеца, нилъерго гьудуласдехун гӀадин, ургъел бикьула Аллагьасдехун. Чара гьечӀого, гьеб гьедин гьабизе ккола, Гьесда нилъ щалали лъаларого рукӀун гуреб, Гьев къабул гьавизе нилъеего кумек щвезелъун. Гьари-дугӀаялъ Аллагь нилъеде гуро гӀагарлъизавулев, нилъ Аллагьасде гӀагарлъизарула. МЦ 68.2

Дуниялалда вугеб мехалда, ГӀисаца Жиндирго чапарзабазда малъана гьари-дугӀа кин гьабулебали. Гьес гьезда абулаан, чара гьечӀого, Аллагьасе загьир гьабизе кколин щибаб къоялъ нилъее щиб хӀажат бугебали ва нилъер кинабго тӀалаб-агъаз Гьесде тӀамун тезе кколин. Хвасар Гьарулес рагӀи кьун буго гьезул гьаридугӀа къабул гьабизе. Гьеб кьураб рагӀи нилъееги насип-лъула. МЦ 68.3

ГӀадамазда гьоркьов вугеб мехалда, ГӀисаги гьари-дугӀаялде машгьуллъун вукӀунаан. Гьес Жиндего тӀаде росулана нилъер киналго хӀажалъабиги загӀиплъабиги, ва хъулухъ гьабизеги захӀмалъаби къезаризеги цӀияб къуват кидаго букӀине гӀоло, Жиндирго Зобалазулав Инсудасан кумекги гьарулаан. ГӀиса нилъее сундулъго мисаллъун вуго. Нилъер загӀиплъиялъулъ нилъее Вацлъун лъугьана Гьев. Гьев вукӀана «нилъеда гӀадин, сундулъго захӀмалъи бихьарав», амма Гьев хутӀана мунагь гьечӀевлъун, квешлъиялде рокьукълъи рекӀелъ букӀиндал. Мунагьазул цӀураб ракьалда Хвасар Гьарулес хӀехьана рухӀалъе гӀазаб-гӀакъубаги къеркьейги. Гьари-дугӀа Гьесие букӀана чара гьечӀеблъун ва тӀокӀлъи бугеблъун. Жиндирго Инсулгун хурхенбухьеналда вугеб мехалда Гьесул рекӀелъе хӀалхьиги рохелги лъугьунаан. ХӀатта, ГӀадамал хвасар Гьарулесе, Аллагьасул Васасе гьари-дугӀа хӀажалъулеб букӀараб батани, нилъ гӀадинал загӀипал, мунагьазул цӀурал, гӀадатиял жалазе кигӀан цӀакъдай хӀажалъила хӀасратаб ва кидагосеб гьари-дугӀа. МЦ 68.4

Нилъер Зобалазулав Аллагь хӀадур вуго баркат-цӀобалъул цӀад нилъеде чвахизабизе. Гьесул гӀорхъи гьечӀеб рокьиялъул иццухъа нахъаса къотӀичӀого лъим гьекъезе рес щун буго нилъее. ГӀажаибаб жо гьечӀищ, гьадинаб мукъсанаб ва къанагӀатаб щай бугеб нилъер гьари-дугӀа?! Аллагьас вохун къабул гьабула Жиндир лъималазда гьоркьоса бищунго мутӀигӀасул ракӀ-ракӀалъулаб гьари-дугӀа, амма гӀемерисеб мехалъ нилъ гӀедегӀуларо нилъее щиб хӀажат бугебали Гьесда бицине. Пакъирал, загӀипал, захӀмалъабаз кӀвекӀулел ругел гӀадамазухъ балагьун кинаб пикрудай букӀунеб зобалазул малаикзабазул рекӀелъ, гьез гьараралдасаги гьезие хӀажалъаралдасаги цӀикӀкӀун Жиндирго гӀорхъи гьечӀеб рокьиялдалъун кинабго гьезие кьезе хӀадурараб ракӀ бугев Аллагьасда гьел гьедин къанагӀат гурони гьардолел гьечӀолъи ва гьезулъ божи мукъсанаб гурони гьечӀолъи бихьараб мехалда? Малаикзаби, гъира - шавкъалда Аллагьасе хъулухъалъе чӀун руго, гьел рохун руго гьесде гӀаргарлъухъ рукӀиналдаса. Аллагьасулгун хурхен-бухьен букӀин гьезие цӀакъго цӀикӀкӀраб рохеллъун лъугьун буго. Амма нилъеда, Аллагьасда гьабизе кӀолеб кумекалде цӀакъго хӀажатал, гьаб дунялалъул лъималазда ккола, Гьесулгун хурхен-бухьен гьабичӀого, Гьесул РухӀалъул канлъи чӀвачӀого гьабураб гӀумру гӀураб бугин. МЦ 69.1

Гьари-дугӀаялъул нухдасан унарезда сверухъ бецӀлъи цӀикӀкӀинабула илбисалъ. Гьеб тушманалъ гӀинзухъе щурулебщиналъ гьел мунагьалде рачуна. Гьеб кинабго ккола Аллагьас гьезие насиблъизабураб гьари-дугӀаялъул тӀокӀлъи гьез гӀадахъ босулеб гьечӀелъул. Щай Аллагьасул васазе ва ясазе гьари-дугӀа гьабизе бокьулареб? Гьеб гурищ сундуего Къудрат бугесул гӀорхъи гьечӀел ресазул цӀураб зобалазулаб гъамас ричӀулеб божиялъул кӀул. РорчӀуда чӀеялдалъун ва сваккӀвахӀ гьечӀеб гьари-дугӀаялдалъун гурони нилъ цӀунуларо кӀвар гьечӀеллъун лъугьиналъул ва битӀараб нухдаса кьуриялъул хӀинкъиялдаса. Тушманалъ нилъее кидаго квекӀенал гьарулел руго баркаталъул тахалъухъе нилъ унеб нухда. Гьелъ жиндирго рахъалдасан кина-щинабго гьабулеб буго нилъеца гьари-дугӀаги божиги гӀадахъ босичӀого теялъе ва баркатги нилъер хӀалбихьиял къезарулеб къуватги нилъее щунгутӀиялъе. МЦ 69.2

Нилъер ракӀчӀезе ккола нилъее загьирал шартӀаздалъун Аллагьасда нилъер гьари-дугӀа рагӀулеб букӀиналда ва Гьес гьелъие жаваб кьолеб букӀиналда. ТӀоцересел шартӀазул цояблъун ккола гьесул кумек нилъее хӀажат букӀин нилъеда бичӀчӀи. Гьес рагӀи кьуна: «Дица къечаразе лъим щвезабила ва бакъваралде иххал чвахизарила», - ян (Ис. 44:3). РитӀухълъиялъухъ вакъунги къечонги вугесул, ракӀ-ракӀалъго Аллагьасде хӀасрат бугесул ракӀчӀун букӀине ккола жив гӀорцӀизе вукӀиналда. Аллагьасул баркат щола гӀицӀго Илагьияб РухӀалъул асаралъе ракӀ рагьун бугеб заманалда. МЦ 70.1

Чара къосун нилъее цо пуланаб жо хӀажат букӀиналъ бищунго мухӀканаб ва пасихӀаб къагӀидаялъ нугӀлъи гьабула нилъее пайдаялъе. Амма нилъ БетӀергьанасда гьардезе ккола, нилъер хӀажалъи Гьес тӀубазе. Гьес абулеб буго: «Гьаре нужеца - нужее кьечӀого толаро». «Аллагь Жиндирго Васасдагицин барахщичӀо, нилъее гӀоло хвезе витӀана Гьев. Гьединаб сайгъат гьабурав Аллагьас хутӀарабщинабги кьеларищ нилъее» (Мф. 7:7; Рим. 8:32). МЦ 70.2

Нилъер рекӀелъ цӀунун квешлъи бугони, нилъ цо мунагьалдехун рухьун ругони, БетӀергьанасда нилъер гьари-дугӀа рагӀуларо. РакӀ бухӀун, хӀайранлъун хутӀараб рухӀалъул гьари-дугӀа кидаго рагӀула ва къабул гьабула. Амма нилъерго гьунаралдалъун Аллагьасул баркат нилъее киданиги насиблъуларо. ГӀицӀго ГӀиса МасихӀил гьунаралдалъун кӀола нилъ хвасар гьаризе, гӀицӀго Гьесул Биялдалъун кӀола нилъ рацӀцӀалъизаризе. Амма гьеб киналъго нилъ къабул гьариялъе рихьизарурал шартӀалги нилъедаса тӀаса унаро. МЦ 70.3

Божи - гьеб ккола гьари-дугӀаялъул хӀасил кьеялъе ругел шартӀазул цояблъун. «Аллагьасухъе вачӀунев чи божизе ккола Аллагь вукӀиналда ва Жив валагьизе лъугьарасе Гьесдасан шапакъат щолеблъиялда» (Евр. 11:6). ГӀисаца чапарзабазда абуна: «ДугӀадулъ нужеца Аллагьасда шиб гьарулеб бугониги, нуж божа Гьес нужер гьари тӀубан бугилан» (Мк. 11:24). Нилъ божулелищха Гьесул рагӀуда? МЦ 70.4

МасихӀица гьабураб гьеб лъазабиялъе гӀорхъи гьечӀо. Гьев ритӀухъав вуго Жинца кьураб рагӀуе. Нилъеца гьарараб жо гьебсагӀатго нилъее щвечӀониги, нилъ божизе ккола БетӀергьанасда нилъ рагӀун рукӀиналда ва Гьес нилъее жаваб кьезе букӀиналда. Нилъее щиб бокьун бугебали лъачӀого хутӀизе бегьула нилъеда гӀемерисеб мехалъ ва хадуб букӀунелдеги кантӀуларо, гьединлъидал цо-цо нилъеца гьарула жинца нилъ талихӀаллъун лъугьинаруларебги. Зобалазул Инсуда гьеб лъала, ва нилъер гьари-дугӀаялъе жаваб гьабулаго, Гьес нилъеде рещтӀинабула гӀицӀго нилъее лъикӀаблъун кколеб жо, ракӀ-ракӀалъго нилъецагоги гьаризе букӀараб жо, тӀасан кантӀи-бичӀчӀи щун, нилъеда лъалеб букӀарабани, нилъер нухда дандчӀвалебщиналъул хӀакъикъат. Нилъер гьари-дугӀаялъе жаваб кьолеб гьечӀилан нилъеда ракӀалде кканигицин, нилъ рукӀине ккола Аллагьасул баркаталде хьул лъун - жаваб жиндир заманалда щвезе буго, ва нилъее бищунго хӀажаталъулъ нилъее баркатги щвезе буго. Амма нилъее гьеб жаваб пуланаб заманалда ва пуланаб къагӀидаялъ нилъее бокьухъе щвелин чӀезаби букӀина нилъедаго нилъерго ракӀчӀейлъун. Аллагь цӀакъго гӀакъилав вуго - Гьесул гъалатӀ кколаро; Гьев цӀакъго лъикӀав вуго -Жив валагьулев вугелал Гьес баркаталдаса махӀрум гьаруларо. Гьединлъидал, Гьесда божизе хӀинкъуге нуж, нужеца гьараралъе жаваб гьебсагӀатго щун гьечӀониги. Нуж божа: «Гьаре нужеца - нужее кьечӀого толаро», - ян (Мф. 7:7) Гьес кьураб рагӀуда. МЦ 70.5

Нилъ нилъерго щакдарабазул ва хӀинкъабазул кверщаликь ругони, яги нилъер загӀипаб гӀакълуялъул къуват гӀоларебщинаб бичӀчӀизейилан ва бичӀчӀизабизейилан нилъ лъугьани, нилъер захӀмалъаби цӀикӀкӀуна. Амма нилъ Аллагьасухъе рачӀани, нилъ загӀипалги Гьесда раралги рукӀин (хӀакъикъаталда нилъ гьединал руго) бичӀчӀун, нилъеца гьарараб Гьесда рагӀула ва Жиндирго нуралдалъун нилъер ракӀал гвангъизарула. Гьединго нилъ рачӀунел руго Жиндир гӀакъиллъиялъе гӀорхъи гьечӀесухъе, Жинца бижарабщиналъулъ кинабго бихьулесухъе ва Жиндирго амруялда ва рагӀиялда рекъон гьеб киналъего нухмалъи Гьабулесухъе. РакӀ-ракӀалъго гьабураб гьари-дугӀаялдалъун нилъ рачӀунел руго Жиндир гӀакъиллъиялъул ГӀорхъи ГьечӀевгун цолъизе. Гьебго заманалда нилъее гӀурал рихьулел жал гьечӀого рукӀине бегьула нилъ Ричун Росарав нилъеда тӀаде рокьигун ва гурхӀелгун валагьун, хӀеренго нилъер тӀалаб-агъазалда вукӀин чӀезабулел, амма Гьесдехун хурхеналъул асар нилъее лъугьинчӀого букӀунаро. МЦ 71.1

Аллагьасда нилъеца гурхӀелги баркатги гьарулеб бугеб мехалда нилъелъ букӀине ккола тӀаса лъугьиналъулги рокьиялъулги асар. «Нижер налъи-хӀакъалда тӀасаги лъугьа, нижер налъулазда тӀаса нижги лъугьарал ругин» (Мф. 6:12) - абун нилъеца гьарулеб мехалда, нилъеда аскӀор ругезда тӀаса лъугьинчӀого бегьилищ нилъ? Нилъ ралагьун чӀун ругони Аллагьасда нилъер гьари-дугӀа рагӀиялъухъ, гьединабго къагӀидаялъ ва нилъеда тӀаса лъугьине хьул бугеб даражаялда, нилъги лъугьине ккола цогидазда тӀаса. МЦ 71.2

Гьари-дугӀаялда тӀадчӀей буго нилъеца гьарараб щвеялъе кӀвар бугеб шартӀ. Нилъеца гьари-дугӀа тӀадчӀун гьабизе ккола божиялъулъ ва рухӀияб хӀалбихьиялъулъ тӀаде цӀикӀкӀине. «РорчӀуда чӀа ва кидаго Аллагьасе рецц гьабун гьари-дугӀаялда рукӀа» (Кол. 4:2). Петр чапарас иман лъуразда лъазабулеб буго: «Гьари-дугӀа гьабизе цӀодорго чӀа, рорчӀуда рукӀа (1 Петр. 4:7). Павел чапарас малъулеб буго: «Аллагьасе рецц гьабун, нужеца гьаре, сунде хӀажалъи нужер рекӀелъ бугебали дугӀадулъ рехсон» (Флп. 4:6). Ягьуда чапарас хъвалеб буго: «Нужеца, дир хириял, Илагьияб РухӀалдалъун гьари-дугӀа гьабе. Аллагьасе рокьулел рукӀинги лъан, цӀуне нужго» (Иуд. 20, 21). Нахъаса къотӀичӀого гьабулеб гьари-дугӀа буго Аллагьасулги нилъер рухӀалъулги биххи гьечӀеб цолъи, гьеб сабаблъун Аллагьасдасан гӀумру жубала нилъер гьумруялъулъе ва нилъ рохула нилъер гӀумруялъул рацӀцӀалъиялдасаги ритӀухълъиялдасаги. МЦ 72.1

Чара гьечӀого лъугьинабизе ккола нилъер гьари-дугӀаялъе сундулниги квалквал букӀунареб хӀал. ХӀаракат бахъе ГӀисалгун хурхен-бухьен тӀубараб ва рохалилаб букӀинабиялъе. Аллагьасе гьари-дугӀа гьабулеб бакӀалда гӀахьаллъизе кӀвараб хӀаракат бахъе. БетӀергьанасулгун унго-унголъун хурхен-бухьен балагьулел ругел чагӀи хьвадила дугӀаби гьаризе данделъулел бакӀазде ва гьенир жидеда тӀадал ишал ракӀбацӀцӀадго тӀуразарила. Гьезул гъира букӀина жидее букӀинилан рагӀи кьураб баркат щвезе, ва зодисан бачӀунеб нуралъул чӀораз жидер ракӀал гвангъизарулеб бакӀалда рукӀине тӀолалго ресаздаса пайда босизе. МЦ 72.2

Нилъеца гьари-дугӀа гьабизе ккола нилъерго хъизаналда цадахъ, амма цохӀо мунго гурони гьечӀеб бакӀалда гьабулеб гьари-дугӀаги кӀочон тезе бегьуларо: гьелъулъ бахчун буго нилъер рухӀалъул балъголъи. ЦӀобалъулъ тӀаде цӀикӀкӀине ва къвакӀизе рес гьечӀо, нилъго ругеб бакӀалда гьари-дугӀа гьаби гӀадахъ босулеб гьечӀони. ГӀицӀго хъизаналда жаниб яги жамагӀатгун цадахъ гьабураб гьари-дугӀа гӀелин тезе бегьуларо. Аллагьасул кинабго бихьулеб бералда цебе лъелин нилъерго ракӀ. АскӀов чи гьечӀеб бакӀалда гьабураб гьари-дугӀа гӀицӀго Досда рагӀизе ккола. Аллагьасда гурони, цоги лъиданиги рагӀизе бегьуларо балъго нилъеца гьарулеб бугеб жо. Аллагьасде дандвитӀун цохӀо мун вугеб мехалда, гьарулев вугесе цоги лъилниги асар букӀунаро ва дунялалъул ишазде пикру буссунаро. ГӀодовиччан, амма хӀасратго ахӀи бала гьес Аллагьасде. Гьесие лъикӀаб асар лъугьина балъгояб Бихьулесдасан ва рекӀел гъварилъудасан бачӀунеб гьари РагӀулесдасан. ГӀадатияб божигун гьединав чияс Аллагьасдехун хурхен-бухьен гьабула ва Илагьияб нуралъул чӀорал гьесулъе лъугьуна, илбисгун къеркьеялъулъ къвакӀиги квербакьиги щвезе. Нилъер къуват Аллагьасухъ буго. МЦ 72.3

Гьари-дугӀа гьабе мунго вугеб мехалъги ва щибаб къоялъ, хӀалтӀудегун тӀалаб-агъазалде машгъуллъун вугеб мехалъги, цӀикӀкӀун рагье Аллагьасда цебе дурго ракӀ! ХӀакълъунго гьедин, «Аллагьасда цадахъ хьвадарулев вукӀана» Енох. Гьединаб балъгояб гьари-дугӀа релълъуна цӀцӀобалъул тахалда цебе букӀунеб берцинаб махӀалда. Илбисалда кӀоларо, Аллагьасдалъун къвакӀараб ракӀалъул инсан къуркьизавизе. МЦ 73.1

Гьари-дугӀаялдалъун Аллагьасде гӀагарлъизе рекъараб буго бокьараб мехалда ва бокьараб бакӀалда. РекӀел тӀиналдасан бачӀунеб гьари-дугӀаялъулъ нилъерго рекӀелъ бугеб загьир гьабиялъулъ нилъее квалквал гьабизе лъиданиги кӀоларо. ХӀатта, къотӀноб ахӀи-хӀуралда гьоркьоб, гӀадамазул рукӀалилъ яги нилъго ругьунаб хӀалтӀуде машгъуллъун ругеб мехалда кӀола нилъеда Аллагьасдехун руссине ва кумекги нухмалъиги гьабейилан Гьесда гьаризе. Гьедин гьабулеб букӀана Неемияца, Артаксеркс пачаясда цеве чӀун, жиндие хӀажатаб жо гьарулеб мехалда. Аллагьасулгун гьединаб хурхен-бухьен бокьараб бакӀалда гьабизе бегьула. Нилъер рекӀел нуцӀа кидаго рагьун букӀине ккола гьениве МасихӀ ахӀизе ва жаниве лъугьун Гьев нилъер рекӀелъ, бищунго вокьулев зобалазулав гьобол гӀадин, гӀодов чӀезе. МЦ 73.2

Нилъеда сверухъ пасатаб ва чорокаб агьлу бугониги, гьездасан бачӀунеб заралияб махӀ нилъеца сунтӀизе кколаро, нилъер рес бугелъулха зобалазул бацӀцӀадаб гьаваялда чӀаголъи гьабизе. РекӀел тӀиналдасан бачӀунеб гьари-дугӀаялъулъ нилъерго ракӀал Аллагьасухъе кьолаго, нилъеда кӀола нилъго чорокал ва квешал пикрабаздаса цӀунизе. Аллагьасул асаралъеги баркаталъеги рагьарал ракӀал ругел гӀадамаз гӀемерго бацӀцӀадаб бакӀалда гӀумру гьабула ва зобалазулгун гьоркьоса къотӀичӀеб хурхенбухьен ккола. МЦ 73.3

Нилъее чара гьечӀого хӀажат буго ГӀиса лъикӀго лъазе ва абадиял хӀакъикъатазул къимат нилъеда гъваридго бичӀчӀизе. Аллагьасул лъималазул ракӀазулъе лъугьине ккола «хириябщиналъул лъикӀаб сурат». Гьеб щвезе ккани, нилъеца балагьизе ккола зобалазул хӀакъабщиналъул рахъалъ Илагьияб лъай. МЦ 73.4

Биччанте нилъер ракӀ эхеде, зобалазда Аллагьас нилъее бихьизабун бугеб бацӀцӀадаб бакӀалде цӀабуцӀине. Нилъеда кӀола, Аллагьасде цӀакъго гӀагарлъун, тохлъукьего бачӀараб хӀалбихьиялъул заманалдацин, тӀабигӀаталда тӀегь бакъудехун буссунеб гӀадин, нилъерго пикраби гьесдехун руссинаризе. МЦ 73.5

Аллагьасе загьир гьабе нужее щиб хӀажат бугебали, Гьесде бикье нужерго рохелги пашманлъиги, бице сунда ракӀ лъун ва сунца рахӀат хвезабун бугебали! Гьелдалъун нужеца Гьесие щибго захӀмалъи гьабуларо, Гьесие гьеб бакӀлъуларо. Нужер бетӀералда бугеб щибаб рас рикӀкӀине кӀолес Жиндирго лъималазул хӀажалъабаздехун мугъ рехизе рес гьечӀо. «ГурхӀулевги рахӀмуявги вугелъул Аллагь» (Иак. 5:11). Нуж рокьулеб Гьесул рекӀеда хъатӀула нужер къварилъаби. Гьезул хӀакъалъулъ нужеца Гьесие бицунеб мехалда нужедаго цадахъ гьесиеги захӀмалъи лъугьуна. Гьесухъе рачӀа нужее захӀматабщинабгун, нужер рахӀат хвезабулебщинабгун. Цониги гьир Гьесие бакӀлъуларо: зобал-ракьал Гьес ккун ругелъул, дунялалъего нухмалъиги Гьес гьабулеб бугелъул. Нилъер жанисеб дунялалъул бицани, цониги жо хутӀуларо Гьесие кӀвар гьечӀеблъун. Нилъер гӀумруялъул тарихалъул тӀехьалда цониги бетӀер гьечӀо, гьесда цӀализе лъаларебгӀадинаб гарцӀахин жиндилъ бугеб; нилъеда бичӀчӀичӀого хутӀараб цониги жо гьечӀо, кумек гьабизе Гьесда кӀоларебгӀан захӀматаб. Гьесул лъималазул бищун гьитӀинасдегицин бачӀунеб цониги балагь, ракӀ гъанцӀизабулеб цониги хӀинкъи, цониги рохел, рекӀел тӀиндасан бачӀулеб цониги гьари-дугӀа - щибниги хутӀуларо киналъулъго Квербакъулев нилъер Зобалазулав Инсул берзукьа борчӀун. «РакӀ биххун унелги Гьес сахлъизарула, гьезул къварилъиги лъугӀизабула» (Пс. 146:3). Аллагьасдаги щивав чиясдаги гьоркьоб хурхен-бухьен якъинаб ва щулияб буго, гьаб ракьалда цохӀо гьев чи вугин, Зобалазулав Инсуца жиндир тӀалаб гьабулев, ва цохӀо гьесие гӀоло Гьес Жиндир вокьулев Васги кьун вугин ракӀалде кколеб куцалъ. МЦ 74.1

ГӀисаца абуна: «Дир цӀар рехсон гьардела нуж. Нужер рахъалъ Инсуда щибниги гьарилилан абулеб гьечӀо Дица нужеда. Дир Инсуе Жиндиегоги рокьула нуж». «Дица нужтӀаса рищана... Дир цӀар рехсон нужеца гьарарабщинаб Гьес нужее кьезе» (Ин. 16:26; 15:16). ГӀисал цӀар рехсон гьари ккола гьеб цӀар дугӀадул байбихьудаги ахиралдаги гӀадатияб куцалъ абиялдаса гӀемерго тӀадегӀанаб иш. Гьелъул магӀна ккола ГӀисал амруялдаги рухӀалдаги дандекколедухъ, Гьес кьураб рагӀуда божун, Гьесул цӀцӀобалде хьул лъун, Гьесул ишал тӀуразарулаго гьари-дугӀа гьаби. МЦ 74.2

Аллагьас тӀалаб гьабулеб гьечӀо нилъ монахаллъун яги дунялалдаса ратӀалъун чӀарал чагӀилъун рукӀайилан, Жиндие хъулухъ гьабизе гӀоло гӀадамаздаса рикӀкӀалъейилан. Нилъеца гӀумру гьабизе ккола, МасихӀица гьабулеб букӀараб гӀадин, хӀалтӀун ва гьари-дугӀаялда тӀадчӀун. Шибниги хӀалтӀи-пиша гьабичӀого гӀицӀго гьари-дугӀаялда тӀадчӀун гӀумру тӀамулев чияс кватӀичӀого гьеб рехун тола, яги гьес гьеб гьари-дугӀа гьабила гӀицӀго гьев гьелде ругьунлъун вугелъул. ЖамагӀаталъулаб гӀумруялдаса, христианазда тӀадал ишаздаса ва хъанч баччиялдаса, гьезие гӀоло кӀвахӀ гьечӀого хӀалтӀарав ТӀадегӀанасе гӀоло тӀадчӀун гьабулеб хӀалтӀудаса гӀадамаз инкар гьабулеб мехалда, гьари-дугӀаялъе жо гьезул хутӀуларо: гьезулъа лъугӀун уна Аллагьасде руссиналъул ва къадру цӀунун хьвадиялъул таваккал. Гьезул гьари-дугӀа гӀицӀго жидедего буссараб букӀуна. Гьезда кӀоларо инсанияталъулго хӀажалъабазул, МасихӀил ПарччахӀлъи гӀуцӀиялъул, хъулухъалъе чӀезе жидее къуват кьеялъул рахъалъ гьаризе. МЦ 74.3

Аллагьасе хъулухъ гьабиялъулъ къвакӀизе ва цоцазул гъира базабизе цадахъ рукӀиналъе ругел ресаздаса нилъеца пайда босичӀони, нилъ гӀемераб жоялдаса махӀрумлъула. Гьесул РагӀиялъул хӀакъикъаталъул къуватги кӀварги лъугӀула нилъее, Гьелъ нилъер ракӀазулъе тӀокӀаб лъайги нурги лъугьинабуларо, ва нилъ рухӀияб рахъалъ хола. Нилъее гӀемераб жо камула, нилъеца цоцаздехун гурхӀел-рахӀму хӀалтӀизабичӀони. Жиндирго гурони ургъел-пикру гьечӀев христианасда кӀоларо Аллагьас гьесда тӀадкъараб иш тӀубазабизе. Христианазулаб рокьиялъул кьучӀалда лъикӀаб тарбия щвеялъ нилъ цогидазул тӀалаб-агъаз бугеллъун лъугьинарула, Аллагьасе гьабулеб хъулухъалъулъ къвакӀизарула. МЦ 75.1

Цадахъ данделъун, христианаз цоцада бицунеб бугебани Аллагьасул рокьиялъул ва рецӀел кьун ричун росиялъул къадруяб хӀакъикъаталъул, рухӀияб рахъалъ гьел къвакӀилаан ва цогидазе гьез лъикӀаб асарги гьабилаан. Щибаб къоялъ нилъеда кӀола Зобалазул Инсул хӀакъалъулъ цӀикӀкӀун лъазе, Гьесул цӀобалдалъун гӀумруялъулъ цӀияб лъай щола, ва гьелъ нилъ рачуна Гьесул рокьиялъул хӀакъалъулъ бицине гъира ккеялде. Нилъеца гьедин гьабулеб бугеб мехалда, нилъер ракӀазулъе хинлъиги хӀайранлъиги лъугьуна. Нилъерго хӀакъалъулъ дагь ургъун ва бицун, ГӀисал хӀакъалъулъ гӀемер ургъун ва бицун нилъ чӀолелани, гӀемерго цӀикӀкӀун згьирлъилаан нилъее Гьев нилъелъ вугевлъи. МЦ 75.2

Гьес нилъер тӀалаб-агъаз гьабулеб бугеб куц бихьанщинахъе нилъеда Аллагь ракӀалде щолев вугевани, нилъер пикраби кидаго Гьесде руссун рукӀинаан, Гьесул хӀакъалъулъ бицунаго ва Гьесие рецц гьабулаго, нилъер рекӀелъе рохел лъугьинаан. Нилъеца бицуна дунялалда нилъерго ишазул хӀакъалъулъ, гьезул нилъее кӀвар бугелъул. Нилъеца нилъерго гьудулзабазул хӀакъалъулъ бицуна, нилъее гьел рокьулелъул, нилъер къварилъиги гӀатӀилъиги гьездехун бикьулелъул. Амма нилъее нилъерго гьудулзабаздаса Аллагь вокьизе гӀиллаби рикӀкӀун хӀал кӀоларелгӀан гӀемер руго нилъее. Гьесул хӀакъалъулъ пикру гьабизе, Гьесул цӀцӀобалъул бицине, Гьесул къуваталъул бицине - гьеле гьеб букӀине ккола нилъее бищунго кӀвар бугеблъун. Гьез нилъер пикрабиги гъанкъизелъун, ракӀалги асирлъизаризелъун ва гьелъул хӀасилалда нилъер гӀумру Жиндихъ Бугевавги кӀочон тезелъун гуро Аллагьас нилъее гьарзаго сайгъатал кьун ругел. Гьелъул гӀаксалда, нилъ цӀикӀкӀун бечелъанагӀан, кидаго ракӀалда чӀезавизе ккола нилъеца Гьев ва зобалаздасан нилъее лъикӀабщинаб РещтӀинабулесдехун рокьиялъулги баркалаялъулги рохьен щула гьабизе ккола. Нилъеца цӀакъго гӀемер пикру гьабулеб буго аб дунялалъулалъул. Нилъеца нилъерго берал руссинарилин зобалазул нуралъул хазинаялде нуцӀа рагьун бугелъуре, гьениб Илагьияб машгьурлъиялъул канлъи-гвангъи бачӀунеб буго МасихӀил гьурмадасан. «Гьесда кӀола Жинда нахърилълъун Аллагьасде гӀагарлъарал киналго хвасар гьаризе» (Евр. 7:25). МЦ 75.3

Аллагьасе цӀикӀкӀун рецц гьабилин, «Гьесул гурхӀелалъухъ ва ГӀадамил лъималазе Гьес гьарулал хӀикматал ишазухъ» (Пс. 106:8). Нилъер динияб гӀумру къокълъизе бегьуларо гӀицӀго гьари-дугӀаялде руссиналдалъун ва гьезие жавабазухъ балагьун чӀеялдалъун. РачӀа нилъ кидаго рукӀинарин нилъее хӀажаталъул пикрабазда, ва кӀочон теларин нилъее щолеб бугеб лъикӀабщинаб. Нилъ къанагӀат гурони какде руссунаро ва баркала кьезеги нилъ къарумал руго! Щибаб къоялъ нилъее щола Аллагьасдасан рахӀмат, амма нилъ баркала гьечӀеллъун хутӀула! Нилъее Гьес гьабурабщиналъухъ Гьесие рецц нилъеца цӀакъ дагь гурони гьабуларо! МЦ 76.1

НекӀо заманалда ГӀизраилил халкъалъе, Жиндие хъулухъалъе гьел данделъун ругеб мехалъ, Аллагьас амру гьабуна: «Гьенир БетӀергьанасда, нужер Аллагьасда цере чӀун кванай, нужги нужер хъизаналги рохелгун аваданлъиялда рукӀа, нужер квераз гьабурабщиналдасан ва БетӀергьанасдасан, дур Аллагьасдасан щвараб баркаталдасан (Втор. 12:7). Аллагьасе реццалъе гьабулебщинаб гьабизе ккола, пашманго ва къваридго рукӀинчӀого, рохуца холаго, реццалъул кучӀдул ахӀулаго ва баркала кьолаго. МЦ 76.2

Нилъер Аллагь вуго тӀалаб бугев, гурхӀел бугев Эмен. Гьесие хъулухъ гьаби захӀматаб, пашманаб ишлъун лъугьине бегьуларо. Аллагьасе хъулухъ гьаби ва Гьесул ишалъулъ гӀахьаллъи, нилъее букӀине кола унго-унгояб лазат-рахӀатлъун ва рекӀее рохеллъун. Аллагьасе бокьиларо жиндие гӀоло хвасарлъиялъул кӀудияб гьунар гьабурал Гьесул лъимал Гьесдехун русине, гьезие гӀазаб кьолев, кьварарав Кверщелчиясдехун гӀадин. Аллагь нилъер бищунго лъикӀав Гьудул вуго. Жиндие хъулухъ гьабизе нилъ данделъараб мехалда, Гьесие бокьула нилъеда цадахъ вукӀине, нилъеде баркат рещтӀинабизе ва нилъер ракӀ-макӀ гьабизе, нилъер ракӀал рокьиялъулги рохелалъулги цӀезаризе. БетӀергьанасе бокьун буго Жиндие хъулухъ гьаби Жиндир лъималазе бакӀаб гьирлъун лъугьунгутӀизе, гьелдасан гьезие лазат-рахӀатги ракӀ гӀодобе биччайги лъугьине. Гьесие бокьун буго Жиндие бетӀер къулизе рачӀараб бакӀалда гьезул рекӀелъе лъугьине Аллагьасул тӀалабагъазалъулги рокьиялъулги хӀакъалъулъ къиматал пикраби, гьеб хурхен-бухьеналдалъун гьезул щибаб къойилаб хӀалтӀулъ гьезие чӀаголъиги къуватги щвезе ва Жиндир баркаталдалъун гьез сундулъго ракӀбацӀцӀалъи ва ритӀухълъи бихьизабизе. МЦ 76.3

Нилъ данделъизе ккола хъанчида гъоркь. Хъанчида вигъарав МасихӀ вукӀине ккола нилъеца пикру гьабулелъул ва бицунелъул бетӀерлъун, нилъер бищунго хӀасратаб ва рохалилаб асаралъул иццлъун. Нилъеда ракӀалда букӀине ккола Аллагьасдасан нилъее щвараб щибаб баркат. Гьесул гӀорхъи гьечӀеб рокьи нилъеда бичӀчӀараб мехалда, нилъеца кинабго рохуца холаго кьола нилъее гӀоло хъанчида магӀал чӀван щула гьарун рукӀарал Гьесул кверазухъе. МЦ 77.1

БетӀергьанасулгун гьединаб хурхен-бухьеналъул хӀасилалда реццалъул куркьбазда зобалазде босун уна нилъер рухӀ. Зобалазул агьлуялъ борхалъуда ругел гьундузухъ Аллагьасе сужда гьабула ахӀулаго кечӀгун, бачунаго музыкагун, ва нилъер ракӀазул тӀиналдасан нилъеца Гьесие баркала загьир гьабураб мехалда, нилъеца гьабулеб хъулухъ релълъине буго зобалазул боялъ гьабулелда. «Жиндир рецц къурбан гьабулес, Аллагьасул хӀурмат гьабула» (Пс. 49:23). РачӀа, Аллагьасда цере чӀелин рекӀелъ илагьияб рохелгун. Гьесие «суждаялда чӀелин гьабулаго реццгун, ахӀулаго кечӀгун» (Ис. 51:3). МЦ 77.2