МасихӀихъе нух ЦӀалдолиде хитӀаб

10/14

Нилъер гӀумру ва ишал

Аллагь вуго тӀолабго Дунялалъе чӀаголъиялъул, нуралъул ва рохелалъул ицц. Бакъул канлъи гӀадин ва чӀаголъи кьолеб лъадал иххал гӀадин чвахула Гьесул баркатцӀоб кинабго Гьес бижарабщиналде. Аллагь жидер рекӀелъ вугеб мехалъ гӀадамал лъугьуна жидеда сверухъ ругезе бокьунразилъун лъикӀлъи гьабизе бажарулеллъун. МЦ 56.1

Нилъ Хвасар гьарулев разилъулаан, къосун гӀодор ккарал рахъинарун, гьел хвасар гьариялдаса. Гьелъие гӀоло Жиндирго гӀумру кьезе барахщичӀо Гьев, Жинде хьамулебщиналъухъги хӀехьезе ккараб къабихӀлъи хӀакъирлъиялъухъги балагьичӀого, хъанчида вигъун хвезе ана. Малаикзабиги нахъаса къотӀичӀого хӀалтӀула цогидал талихӀаллъун лъугьине гӀоло. Гьелъулъ батула гьезда жидерго рохел. Жалго жидеего рокьулел гӀадамаз жидее къабихӀаб ишлъун рикӀкӀуна талихӀ къаразе, гӀакъуба - къварилъиялда ругезе, мунагьал тӀад ругезе кумек гьаби. ХӀакълъунго гьеб ккола Бичасул малаикзабазул иш. МасихӀил ракӀбацӀцӀадаб рокьиялъул рухӀалъ цӀун буго тӀолабго зоб ва гьелъулъ буго зобалазул тӀагӀам-лазаталъул хӀакъикъат. Гьеб ккола МасихӀида нахърилълъаразе щвезе бугеб рухӀ, ва гьеб загьирлъичӀого хутӀуларо гьезул тӀагӀат-гӀибадаталъулъ. МЦ 56.2

Нилъер рекӀелъ МасихӀил рокьи бугони, гьелъул берцинаб махӀ гӀадамаздаса бахчун бажаруларо. Гьелъул мукъадасаб асар загьирлъула гьезулгун накъиталда ругелщиназе. Нилъелъе лъугьараб МасихӀил рухӀ релълъуна гӀицӀаб авлахъалда баккараб чӀаголъиялъулаб лъадал иццалда, гьелъ гьогьомизавула ва къеч буссинабула свакан тату хварав нухлуласул. МЦ 56.3

МасихӀил рокьи загьирлъила, инсанияталда баркат лъезе гӀоло ва рухӀияб рахъ борхиялъе гӀоло, Гьев гӀадин хӀалтӀизе нилъее бокьиялъулъ; гьеб рокьиялъул асаралдалъун нилъ лъугьуна БетӀергьанас бижарабщиналдехун бер балагьулеллъун, лъикӀлъи гьабулеллъун ва гурхӀел бугеллъун. МЦ 56.4

Ракьалда, Хвасар Гьарулесул гӀумру бигьаяб букӀинчӀо, Жиндирго мурадалде буссарабги букӀинчӀо. Паналъулел ругел гӀадамал хвасар гьаризелъун хӀалтӀана гьев тӀадчӀун, свак-кӀвахӀ гьечӀого ва мукъадасаб хӀаракатчилъигун. Гьев ана Жиндиего щибго пайда тӀалаб гьабулареб нухдасан, гьев кьуричӀо захӀмалъабаздаса, къо бихьулел сапараздаса, сваказарулел тӀалабаздаса ва хӀалтӀудаса цогидаб рахъалдехун. Жиндирго хӀакъалъулъ ГӀисаца абуна: «ГӀадамил Лъимерги Жиндие лъицаниги хъулухъ гьабизелъун гуро вачӀарав. Гьев вачӀун вуго цогидазде хъулухъ гьабизе ва гӀемеразе гӀоло Жиндирго рухӀ кьезе» (Мф. 20:28). Гьелъулъ букӀана Гьесул гӀумруялъул аслияб мурад. ХутӀарабщинаб Гьесие букӀана кӀиабилеблъун, доб аслиябалъе квербакъулеблъун. Аллагьасул амру тӀубазаби букӀана Гьесул чед ва лъим. КӀвахӀ гьечӀеб хӀалтӀулъ ГӀисада кӀочон толаан Живгоги Жиндир мурадалги. МЦ 57.1

МасихӀил цӀобалдехун хурхен бугел гӀадамал хӀадур рукӀуна бокьараб жо къурбан гьабизе, жидеца яшав гьабулеб дуниял лъикӀлъиялъе жидехъа бажарарабщинаб гьабизе. Гьеб рухӀалъ унго-унголъун нугӀлъи гьабула хӀакълъунго гьел МасихӀиде руссун рукӀиналъе. Инсан МасихӀихъе вачӀараб сагӀаталъго, гьесул рекӀелъе лъугьуна ГӀисал - гьесда ватарав къиматав гьудуласул хӀакъалъулъ киназдаго бицине гъира. Хвасарлъизабулеб ва ритӀухълъизарулеб хӀакъикъат рекӀелъ бахчун хутӀизе бегьуларо. Нилъее МасихӀил рацӀцӀалъи насиблъун бугони ва Гьесул РухӀ нилъелъ букӀиналдаса рохун ругони, нилъ руцӀцӀун чӀезе бегьуларо. ТӀадегӀанасул лъикӀлъаби нилъеда ричӀчӀунги рихьунги ругони, цогидазда бицине жоги камиларо. Хвасар Гьарулев жинда ватарав Филиппица гӀадин, нилъецаги киналго ахӀила гьесулгун бухьен гьабизе. Нилъеца хӀаракат бахъила МасихӀил гьайбатлъи ва букӀинеселда лъугьине ругел, нилъеда рихьуларел, амма хӀакъикъиял ишал гьездаги цере лъезе. Нилъер кӀудияб гъира ккела ГӀиса араб нухдасан ине, ва сверухъ ругезда абизе: «Гьале дов - гьаб гӀаламалъул мунагь тӀаде босун, къурбанлъун лъугьине вугев Аллагьасул КьегӀер», - ан (Ин. 1:29). Цогидал талихӀаллъун лъугьине нилъеца бахъулеб хӀаракаталъ нилъедаги баркат лъола. ТӀадегӀанасе бокьун буго хвасар гьариялъул ишалъулъ нилъги гӀахьаллъизе. Гьес гӀадамазе тӀокӀлъи кьуна Илагьияб ХӀакъикъаталде гӀахьалаллъун рукӀине, гьелдалъун гьездасанги жидеда аскӀор ругезда баркат лъезе. Гьеб буго Аллагьас гӀадамазе кьураб бищунго тӀадегӀанаб къадру-къимат, бищунго кӀудияб рохел. Гьеб рокьул цӀураб хъулухъалъулъ гӀахьаллъаравщинав чи гӀагарлъизе вуго Жив вижарасде. МЦ 57.2

БетӀергьанасда кӀвелаан гӀадамазухъе Гьесул Инжил, рокьиялъул ва хьулалъул хӀакъалъулъ рохалил хабар босун айилан зобалазул малаикзабазда тӀадкъазе. Гьеб Жиндир мурадалде щвеялъе цогидал ресаздаса пайда босизе бегьилаан. Амма жиндирго гӀорхъи гьечӀеб рокьиялдалъун Гьес нилъ тӀаса рищана Жиндирго кумекчагӀилъун. Нилъеда кӀола МасихӀида ва малаикзабазда цадахъ хӀалтӀизе ва гьезда цадахъ баркатги рохелги насиблъизабизе. Гьеб хӀаракатаб хъулухъ гьабиялъулъ рухӀияб рахъалъ тӀаде цӀикӀкӀинеги кӀола нилъеда. МЦ 58.1

МасихӀгун цолъун, гьесулгун гӀамал рекъараб гӀумру нилъер лъугьуна нилъ хвасар гьаризе гӀоло Гьес хӀехьарал чӀахӀиял гӀазабал нилъеда ричӀчӀараб мехалда. Цогидазе лъикӀлъиялъе гӀоло гьабураб щибаб хӀаракатаб хӀалтӀиялъ нилъ жеги цӀикӀкӀун гурхӀел бугеллъун лъугьинарула, жеги цӀикӀкӀун цолъизарула гӀаламалъе гӀоло РецӀел Кьурасдехун, «Гьесул мискӀинлъи сабаблъун нуж бечелъизе, бечедав вукӀаниги, нужее гӀоло мискӀинлъарасдехун» (2 Кор. 8:9). Нилъер гӀумру унго-унголъун нилъее баркатаблъун лъугьуна, жиндие гӀоло нилъ рижараб иш нилъеца гьабулеб мехалда. МЦ 58.2

МасихӀие бокьун бугеб хӀалалъ нилъ хӀалтӀулел ругеб, нилъер ракӀал МасихӀиде руссинарун ругеб мехалда нилъее хӀажалъула гъваридаб рухӀияб хӀалбихьи щвезе, жеги гъваридго Аллагь лъазе. Нилъ ракъизеги къечезеги руго ритӀухълъиялъухъ, нилъеца гьари-дугӀаялдалъун балагьизе буго Аллагьасулгун бухьен, гьелдалъун щулалъила нилъер божи, рухӀалъ хӀаракат бахъила, хвасарлъиялъул иццухъе ун, жиндирго къеч буссинабизе. ГӀумруялда жанир дандчӀвалел захӀмалъабазги хӀалбихьиязги рачуна нилъ гьоркьоса къотӀичӀого Библиялъул цӀех-рех гьабиялде ва тӀаса ричӀичӀого какал раялде. Нилъ цӀикӀкӀине руго МасихӀил цӀобалъулъ, нилъее щвезе буго бечедаб рухӀияб хӀалбихьи. МЦ 58.3

Жиндирго мурад цӀуничӀого цогидазе хъулухъ гьабиялъ инсанасул хасият къвакӀизабула, къуркьи гьечӀеблъун лъугьуна ва МасихӀил гьарзаяб рокьиялъ гьесие рекъелги талихӀги босун бачӀуна. Гьесул ният-къасд жеги тӀадегӀанлъула, кӀвахӀалъеги живго вокьиялъеги бакӀ гьесул рекӀелъ хутӀуларо. БаркатцӀобалдалъун христианазе кьурал сайгъатаздаса пайда босулел гӀадамал рухӀияб рахъалъ кӀудиял гӀола ва Аллагьасе хъулухъ гьабиялъулъ къуваталлъун лъугьуна. Гьезие щола якъинаб рухӀияб бичӀчӀи, къуркьи гьечӀеб, къоялдаса къоялде тӀаде цӀикӀкӀунеб божи, ва гьари-дугӀаялъулъ кӀудияб къуват. ГӀадамазул ракӀазе асар гьабун, Илагьияб РухӀалъ гьезулъ бижизабула мукъадасаб жаваб. Жиндие пайда-хайир къваригӀинчӀого, гьединаб къагӀидаялъ цогидазе лъикӀлъиялъе хӀалтӀулел гӀадамаз гӀемерго ритӀухъаб нухалдалъун щвезабулеб буго жиндиего хвасарлъи. МЦ 58.4

Нилъ цӀобалъулъ цӀикӀкӀуна, пайда-хайир къваригӀинчӀого, свак-кӀвахӀ гьечӀого, нилъеца тӀубазабулеб бугони МасихӀица тӀадкъараб иш, гьединго мискӀиназе квербакъун, гьезул талихӀалъе гӀоло къеркьон нилъеда барабщинаб гьабулеб бугони. Гьоркьоса къотӀи гьечӀеб хӀаракатчилъиялъ нилъ къуваталлъун лъугьинарула - гьеб буго гӀумруялъул тӀоцебесеб шартӀ. МасихӀие гӀоло щибниги гьабичӀого, жиндирго рухӀияб гӀумру цӀунизе бокьарав чи релълъуна хӀалтӀичӀого кваназе бокьарав чиясда. Жиндир чорхол лугби рагъа-рашаризаризе бокьичӀев чи, хехго махӀрумлъула гьездаса пайда босиялдаса. Гьедин, жиндие Аллагьас кьураб къуваталдаса пайда босуларев христианав МасихӀилъ цӀикӀкӀунаро, гьесулъ букӀараб къуватги тӀагӀуна. МЦ 59.1

МасихӀил килиса - гьеб буго Аллагьас гӀадамал хвасар гьариялъе би-хьизабураб алат. Гьелъул масъала буго тӀолабго гӀаламалъухъе Инжил щвезаби. Гьеб киналго христианазда тӀадаблъун буго. Жиндирго бажариялдаги ресалдаги рекъон, щивас тӀубазабизе ккола Хвасар Гьарулесул тӀадкъай. Нилъее загьирлъараб МасихӀил рокьиялъ нилъ киналго, гьев лъаларелщиназул налъулаллъун лъугьинарун руго. Аллагьас нилъее нур кьуна, нилъее хутӀизе гуребги, цогидазда гьоркьоб гьеб тӀибитӀизабизеги. МасихӀида нахърилълъаразда жидеда тӀадал ишал тӀубанго ричӀчӀун рукӀаралани, жакъа цо чи вугеб бакӀалда, аза-азар чияс щвезабилаан мажусиязухъе рохалил хабар. Гьеб ишалъулъ жинцаго гӀахьаллъи гьабизе санагӀалъи кколарел киназго квербакъизе бегьула кӀвараб кумекалдалъун, тӀадрекъеялдалъун ва дугӀабаздалъун. Ва христианазул улкабазда рухӀал хвасар гьариялъул иш гӀемерго лъикӀлъила. Нилъерго хъизаналда яги мадугьалзабазда гьоркьоб Аллагьасул иш тӀубазабизе нилъ ахӀарал ругони, рикӀкӀадал улкабазде ине кколаро. Нилъеца хӀакъабщинаб бокьун-разилъун тӀибитӀизабизе бегьула нилъерго бакӀалда: хъизаналда, килисаялда, нилъергун бухьен бугел ва цадахъ хӀалтӀулел гӀадамазда гьоркьоб. Нилъ Хвасар гьарулес Жиндир гӀумруялъул цӀикӀкӀараб бутӀа тӀамуна Назареталдаса цӀулал устарасул къваридабго мастерскаялда: гьенив Гьев кӀвахӀ гьечӀого хӀалтӀулаан. Гьесда цадахъ малаикзаби рукӀунаан хурухъатгун ва захӀматчагӀигун гара - чӀвариялда Гьев вугеб мехалъ. Гьезда ракӀалдецин кколароан Аллагьасул Вас Гьев вукӀин. Жинда тӀадаб налъи ритӀухъго тӀубазабуна ГӀисаца, Жиндир гьеб гӀадатияб махщелалде машгъуллъун вугеб мехалдаги, унтарал сахлъизарулев яги Галилеялъул ралъдал гьалагал карачелаздасан вилълъун унев мехалдаги. Гьедин нилъедаги кӀола ГӀисада цадахъ гӀумру гьабизе ва хӀалтӀизе, бищунго гӀадатиял тӀадкъаялги тӀуразарулагоги ва бищунго тӀадегӀанаб даражаялде рахун рукӀагоги. МЦ 59.2

Павел чапарас хъвана: «Кинавлъун гьес жиндихъего ахӀаниги, гьединавлъун хутӀизе виччанте, вацал, гьев Аллагьасда цеве» (1 Кор. 7:24). ЗахӀмат баччун хӀалтӀулев христианасда кӀола, жив хӀалтӀулев вугеб бакӀалда тӀадал ишал ракӀбацӀцӀадго тӀуразариялдалъун жиндир БетӀергьан машгьурлъизавизе. Гьев унго-унголъун МасихӀида нахъ вилълъарав чи вугони, МасихӀил рухӀги халкъалъе рагьун, гьесул дин гьесул тӀолалго ишазулъ загьирлъула. ЗахӀмат бокьулев ва ритӀухъав хӀалтӀухъанасулъ загьирлъула, Галилеялъул гохӀазда гьоркьов яшав гьабун вукӀараб заманалда цӀакъго цӀикӀкӀараб жигар-жаналдалъун бищунго гӀадатияб хӀалтӀи Гьабулев вукӀарасул сипат. Христианавилан жинда абулевщинав чи хӀалтӀизе ккола. гьесул лъикӀал ишал рихьун, цогидазеги жал Рижарав ва жидехъ рецӀел Кьурав машгьурлъизавизе кӀолеб хӀалалда. МЦ 60.1

ГӀемерисез инкар гьабула жидер тӀабигӀияб бажари ва махщел - гьунаралдалъун МасихӀие хъулухъ гьабиялдаса. Гьез абула гьеб мурадалъе гӀоло цогидазе цӀикӀкӀараб гьунар кьун бугилан. Гьезул пикруялда, Аллагьасе хъулухъ гьабизе ккола хасаб гьунар жидее насиблъараз. ХӀатта, гӀемеразда ракӀалде ккола гьединаб гьунар Аллагьас насиблъизабун бугин цо хассал, тӀаса рищарал гӀадамазе, цогидалин абуни, гьеб хӀалтӀулъ гӀахьаллъизе ва гьелъухъ кири щвезе ахӀараллъун гьечӀин. Амма гьунаралъул хӀакъалъулъ мисалалда гьедин абун гьечӀо. Рукъалъул бетӀергьанас киналго рагьтӀателал жиндихъего ахӀараб мехалда, жив-живасда хӀалтӀи бихьизабун буго гьес. МЦ 60.2

Нилъеда бищунго гӀадатияллъун ва гӀиси-бикъиналлъун рихьулел тӀадал ишал кӀудияб рокьигун, «ТӀадегӀанасе гьабулеб бугеб гӀадин» (Кол. 3:23), тӀуразаризе кӀола нилъеда. Нилъер рекӀелъ Илагьияб рокьи бугони, гьеб загьирлъула щибаб къоялъ гьесул гӀумруялъулги, къойил гьес гьарулел ишазулъги. Нилъеца нилъедаго сверухъ тӀритӀизарила МасихӀил гьуинмахӀал ва цогидазеги щвезабила Гьесул баркат. МЦ 60.3

Нилъ балагьун чӀезе кколаро Аллагьасе гӀоло хӀалтӀизе санагӀатаб ахӀвал-хӀал лъугьинегӀан яги гӀажаибаб бажари-гьунар нилъелъе лъугьинегӀан. Нужеца ургъел гьабуге гьаб гӀламалъ нужер рахъалъ кинаб пикрудай гьабилаян. Нужер гӀумруялъул щибаб къоялъ нугӀлъи гьабулеб бугони нужер божи бацӀцӀадаб ва ракӀ-ракӀалъулаб букӀиналъе, ва гӀадамалги божулел ругони гьезие пайдаялъе хӀалтӀизе нужее бокъулеб букӀиналда, нужер хӀаракат гӀадада кколаро. МЦ 60.4

ГӀисал бищунго сабурал ва гӀадатиял чапарзаби цогидазе баркатлъун лъугьине бегьула. ГӀемерисеб мехалъ гьезда жидедагоцин бичӀчӀуларо гьез цо цӀакъго лъикӀаб жо гьабулеб бугеблъи, ракӀалдаго гьечӀого гьездасан лъугьараб лъикӀаб асаралдалъун баркаталъул карачелал гьелчола, гьел жеги цӀикӀкӀараб къуваталдалъун рикӀкӀаде уна, амма ГӀисада нахърилъаразда, ахирги гьезие кири хъвалеб къо тӀаде щвезегӀан, лъачӀого хутӀизеги бегьула жидер асаралъул хӀасилазул хӀакъалъулъ. Гьезда лъаларо жидеца цо цӀакъго тӀадегӀанаб иш гьабулеб бугеблъи. Жидеца гьабуралъул лъикӀал хӀасилазул ургъел-пикру гьабизе кколаро гьединал гӀадамаз, гьел парахатго цере ине ккола, Аллагьас тӀадкъараб иш ракӀбацӀцӀадго тӀубазабулабго. Гьеб мехалда гьезул гӀумру гӀададисеблъун букӀинаро. МасихӀида гьел жеги цӀикӀкӀун релълъина. Гьаб гӀумруялда Аллагьасда цадахъ хӀалтӀулеллъунги рукӀун, гьел хӀадурлъула бачӀунесеб гӀумруялъул жеги тӀадегӀанаб хӀалтӀуде ва гвангъараб рохелалде. МЦ 61.1