МасихӀихъе нух ЦӀалдолиде хитӀаб

5/14

ГӀайибалъе мукӀурлъи

Жиндирго такъсирал рахчулев чи бергьине гьечӀо, гьезие мукӀурлъарав ва рехун тарав чиясе тамихӀ гьабиларо» (Притч. 28:13). МЦ 28.1

«Аллагьасул гурхӀел! Кинал гӀадатиял, гӀакъилал ва ритӀухъал шартӀаздаха гьеб нилъеде щолеб! ТӀадегӀанас тӀалаб гьабуларо нилъер мунагьазда тӀаса лъугьиналъе гӀоло нилъ гӀазаб-гӀакъуба хӀехьон рукӀин. ТӀадегӀанав Аллагь разилъизе ва нилъеца къанун хвезабиялдаса гьев тӀаса лъугьине гӀоло, хириял бакӀазде халатал ва захӀматал сапарал гьаризе яги нилъерго черхалъе гӀакъуба кьезе кколаро. ТӀадегӀанав Аллагь тӀаса лъугьуна жиндирго мунагьазде мукӀурлъарав ва гьел рехун тарав чиясдаса. МЦ 28.2

Чапарас абулеб буго: «Нужерго мунагьал цоцазе рице, цоцаца дугӀадулъги рехсе, нужго сахлъизе», -ян (Иак. 5:16). Аллагьасда цере нужерго мунагьазе мукӀурлъе, гӀицӀго Гьесда кӀолелъул нужеда тӀаса лъугьине, амма нужер квешал ишазул рахъалъ цоцазеги мукӀурлъе. Нужеца нужерго гьудул яги мадугьал къварид гьавуни, мукӀурлъизе ккола нуж мекъи рукӀанилан, гьесда тӀадаб буго бокьун нужеда тӀаса лъугьине. Цинги нужеца Аллагьасдаги гьаризе ккола тӀаса лъугьайилан, нужеца къварид гьавурав чи Аллагьасул лъимер кколелъул, гьесул ракӀ лъукъиялдалъун нуж Рижарасда ва нужер Мунагьал Чурарасда цере хӀакъикье ккедал. Киналъулго хӀакъалъулъ бице цохӀо вугев ва хӀакъав Гьоркьохъанасда, нилъер Бищунго КӀудияв Кашишасда, «Гьесда бичӀчӀулелъул нилъер загӀиплъи» (Евр. 4:15) ва гӀайибалдаса Гьес нилъ рацӀцӀад гьарула. МЦ 28.3

Аллагьасде мутӀигӀлъичӀел ва жал гӀайибиял рукӀиналъе мукӀурлъичӀел гӀадамаз тӀубазабуларо Аллагьас гьел къабул гьариялъе бугеб аслияб шартӀ! Хадуб ккун нилъер ракӀ бухӀулареб хӀалалъ нилъ кантӀичӀони, рекӀелъ унго-унгояб мутӀигӀлъигун ва рухӀалъул хӀалхьи хвараб куцалда нилъеца нилъерго мунагьазулги бицинчӀони ва къанун хвезабиги нилъее рихинчӀони, гьелъул магӀна ккола мунагьазда тӀаса лъугьин щвеялъе нилъеца унгоунголъун хӀаракат бахъулеб гьечӀин абураб. Гьеб гьабичӀони нилъее Аллагьасул дуниял насиблъуларо. Нилъер цересел мунагьал чуричӀого хутӀиялъе буго цо гӀилла: нилъее бокьулеб гьечӀо нилъерго ракӀ мукӀур гьабизе ва Аллагьасул РагӀулъ ругел шартӀалги тӀуразаризе. Гьелда хурхун кьун руго мухӀканал ва хасал насихӀатал. Жиндирго мунагьалъе кин мукӀурлъаниги - гӀадамазда цебе яги Аллагьасда цебе - гьеб гьабизе ккола ракӀ-ракӀалъго, рекӀел тӀиналдасан лъугьуледухъ. ХӀал-зулму гьениб бегьуларо, гьединго бегьуларо дун витӀарав вукӀинчӀилан тохлъукьего ва тӀаса-масаго абиги. Гьесул мунагьалъул хӀакъирлъи инсанасда бичӀчӀизегӀан, гьесда абизе бегьуларо гьелъул бицейилан. РекӀел тӀиналдасан бачӀун, мукӀурлъун бицин къабул гьабула гӀемерго лъикӀав ва къварилъи бичӀчӀулев Аллагьас. Туркаби ахӀулес абулеб буго: «ТӀадегӀанав вуго ракӀ къварилъун ругезда гӀагарлъухъ ва жидер рухӀал мутӀигӀлъарал Гьес хвасар гьарула» (Пс. 33:19). МЦ 28.4

Унго-унголъун мукӀурлъи кидаго букӀуна чӀванкъотӀараб ва мухӀканаб. Цо-цо мунагьал рукӀуна гӀицӀго Аллагьасда цере загьир гьаризе кколел; цогидал рукӀуна гьел сабаблъун жидее зарал карал гӀадамазда рицине кколел; лъабабилел рукӀуна жамагӀаталъе зарал ккарал, гьединлъидал гьезул бицине ккола киназдаго цебе. Амма кинабгоги мукӀурлъи букӀине ккола мухӀканаб ва кьучӀаб. Нуж мукӀурлъизе ккола гӀицӀго нужеда гӀайиб бугел мунагьазе. МЦ 29.1

Самуилил заманалда Исраилил халкъ Аллагьасдаса тӀуна, ва гьеб сабаблъун гьезие къварилъи ккана. Гьезулъ Аллагьасда божи хвана, гьединго лъугӀана Гьесул кӀудияб гӀакъиллъи ва гьезие нухмалъизе бугеб къудрат бичӀчӀиги. Гьезулъ хвана Жиндирго ишалъе жаваб кьезе ва гьеб цӀунизе Гьесул бугеб бажариялда божи. Гьел кьурун руссана ГӀаламалъулго КӀудияв Кверщелчиясдаса ва гьезие бокьана мадугьалихъ ругел халкъазулго гӀадинаб пачалихъияб гӀуцӀи жидерги букӀине. Рекъел ккелелде гьезда мухӀканго ва якъинго бичӀчӀанна ва мукӀурлъана жидерго гӀайибалъе: «Нижер киналго мунагьазде тӀаде нижеца жубана нижее парччахӀ кьейилан гьариялъул мунагьги» (1 Цар. 12:19). Гьел мукӀурлъизе кколел рукӀана гьезул намусалъе рахӀат толеб букӀинчӀеб мунагьалъе. Баркала гьечӀолъиялъул асаралъ гӀазаб кьолеб букӀана гьезул ракӀазе ва гьел Аллагьасдаса ратӀалъизарулел рукӀана. МЦ 29.2

РакӀ-ракӀалъ кантӀичӀони ва хисичӀони, жиндир мунагьалъе мукӀурлъи, гьеб Аллагьас къабул гьабуларо. ГӀумруялъулъ лъугьине ккола таваккалал хиса-басиял; Аллагьасе хӀакъирабщинаб нахъе бачахъизе ккола. Гьединаб букӀуна мунагьалдаса унго-унголъун кантӀиялъул хӀасил. Нилъее якъинго бицун буго щиб гьабизе колебали: «Чуре, рацӀцӀалъизаре; Дир беразда цереса квешал ишал рикӀкӀалъизаре; квешлъи гьаби рехун те; лъикӀлъи гьабизе ругьунлъе; ритӀухълъи балагье; зулму тӀад бугев тархъан гьаве; бесдал лъимер цӀуне;къоролалъе хӀалае вахъа» (Ис. 1:16). «Гьев къанун хвезабурав чияс аманат нахъе кьуни, бикъараб-хъамурабги бецӀани, щибго квешлъи гьабичӀого, гӀумруялъул къануназда рекъон хьвадани, гьев хвеларо, чӀаго вукӀина» (Иез. 33:15). Унго-унгояб кантӀиялъул хӀасилазул гьадин хъвалеб буго Павел чапарас: «Хал гьабеха гьеб Аллагьасдасан бачӀараб пашманлъиялъ нужелъ гъира-шавкъ бижизабураб куцалъухъ! Нужго рацӀцӀалъизе бахъараб хӀаракаталъ, мунагь гьабурасдехун ццидал кутакалъ, гьелда хурхун рекӀелъе лугьараб Аллагьасухъа хинкъиялъ, гӀайиб ккарасе гьабураб тамихӀалъ, - гьеб киналдалъунго нужеца бихьизабуна нуж гьеб ишалъулъ рацӀцӀадал рукӀин» (2 Кор. 7:11). МЦ 29.3

Мунагьалъ хвезабула намус-яхӀалъул къуват, гьединлъидал мунагьчиясда рихьуларо жиндирго гӀамал-хасияталъулъ ругел гӀунгутӀаби ва бичӀчӀуларо жинца гьабураб квешлъиялъул гӀасилъи. Гьев мукӀурлъизавулеб Илагьияб РухӀалъул къуваталъе мутӀигӀлъичӀони, гьесда рагӀа-ракьанде щун бичӀчӀуларо жиндирго мунагь. Гьесул мукӀурлъиги ракӀбацӀцӀадаблъун ва кӀвар бугеблъун лъугьунаро. ГӀайибалъе мукӀурлъулевщинахъе жив къватӀив чӀвалевилан хӀинкъун, гьес хӀаракат бахъула, ахӀвал-хӀалалда мугъчӀвай гьабун, живго витӀарав вукӀин чӀезабизе. МЦ 30.1

Гьукъараб пихъ кванараб мехалда, Адамги ХӀаваги хӀинкъана ва намуслъана, Цин гьезда ракӀалде ккана, жидеца мунагь гьабичӀолъи чӀезабун, хвалдаса хвасарлъизе. Гьез гьабураб мунагьалъул хӀакъалъулъ тӀадегӀанас гьикъидал, гӀайибалъул цо бутӀа Аллагьасде ва ХӀаваде рехун, гьадин жаваб кьуна Адамица: «Дуца дие кьурай чӀужуялъ кьуна дие гъотӀодаса гьеб, ва дица кванана». ЧӀужуялъ, жиндирго иргаялда, борхьиде гӀайиб рехун, абуна: «Борхьица дун гуккана, ва дицаги кванана», - ян (Быт. 3:12, 13). Щай Дуца борохь бижараб? Щай Дуца Гьеб Едемалъул ахикье биччараб? Гьел суалал загьирлъулел рукӀана гьелъул жавабалъулъ ва жидер мунагьалъе жавабиявлъун Аллагь вихьизавулев вукӀана. Живго ритӀухъ гьавиялъул рухӀ инсанасулъ лъуна гьерсил инсуца, ва гьеб щвана Адамил тӀолалго васазе ва ясазе. Гьединаб мутӀигӀлъи Илагьияб РухӀалъе дандекколаро ва Аллагьас къабул гьабуларо. Унго-унгояб кантӀиялъул асар рекӀелъе лъугьарав чияс мунагьалъул тӀолабго жавабчилъи жиндедаго тӀаде босула ва, щибго хӀилла ва хӀадари гьечӀого, жиндирго гӀайибалъе мукӀурлъула. Зобалазде берал руссинаризе намуслъарав, талихӀ къосарав дов магъало бакӀарулев чияс гӀадин, гьес гьарула: «Аллагь! Дида, мунагьчиясда гурхӀа», - ян. Жидер гӀайибалъе мукӀурлъарал гӀадамал ритӀухълъизарула, ГӀисал биялдалъун ва Гьесул шапагӀаталдалъун гьеб гьабизе бажарулелъул. МЦ 30.2

Аллагьасул РагӀулъ рехсон руго унго-унгояб кантӀиялъул ва мутӀигӀлъиялъул мисалал. Библиялда бицун буго, тӀаса лъугьин ва живго витӀарав вукӀин тӀалаб гьабичӀого, жидерго мунагьазул бицарал гӀадамазул хӀакъалъулъ. Павел чапарас бахчулеб гьечӀо жиндирго мунагь. Жиндир гӀайиб дагьаб букӀин чӀезабизе лъугьинчӀого, гьес гьеб къватӀибе кьолеб буго бищунго хӀакъираб хӀалалда. Гьес абулеб буго: «ЧӀахӀиял кашишзабаз ихтиярги кьун, иман лъуразул гӀемерал гӀадамал туснахъалде рехана дица. Гьел чӀвалеб мехалъги, разияв вугилан квер борхана дица. Киналго синагогабазде ун, чанги тамихӀ гьабуна дица гьезие, ГӀиса какизе тӀамуна, ва гьездехун букӀараб ццидал кутакалъ дун тӀамуна, цогидал шагьаразде унги, гьезие гӀазаб-гӀакъуба кьезе» (Деян. 26:10, 11). Чапарас битӀухъего абулеб буго: «МасихӀ ГӀиса дунялалде вачӀана мунагьчагӀи хвасар гьаризе, гьезда гьоркьов дунги вуго тӀоцевесев» (1 Тим. 1:15). МЦ 31.1

ХӀакъаб кантӀиялъ асир гьабураб, мукӀурлъараб ва пашманлъараб рекӀеда кӀола Аллагьасул рокьи ва Голгофаялда букӀараб къурбан цо къадаралъгӀаги бичӀчӀизе. Вокьулев инсуда цеве вас жиндирго гъалатӀ-хатӀаялъе мукӀурлъулев гӀадин, унго-унголъун кантӀарав мунагьчиясги Аллагьасе рагьула къанун хвезабиялъулъ жинца гьарурал киналго ишал: «Нилъеца нилъерго мунагьал рехсани, - ян абулеб буго Библиялда, - рагӀи кьучӀав ва ритӀухъав Гьев нилъер мунагьазда тӀаса лъугьуна ва нилъ кинабго квешлъиялдаса рацӀцӀад гьарула» (1 Ин. 1:9). МЦ 31.2